Гьандихъе сапар
Шамил районалъул Гьандихъ росулъе сверулеб нухлул сверуда ратарал гIолохъабаз нижеда лъикIаб дандчIвай гьабуна. Цояс гIодор чIезе рахIатаб бакI бихьизабуна, цогидав цебе лъураб нигIматалъул хIал бихьеян тIаделъана.
Ниж киса-щалин цIехечIого, мурад гьикъичIого гьоболлъи гьабизе гьел лъугьиндал, дун битIахъе бахиллъана гьалбал хириял гьанхъадерил гIолохъабазда. Хадуб цояс гьикъана нуж тIоцере щолел чагIийищила, яги цереги Гьандихъе рачIун рукIаралищан.
Мунагьал чураяв МахIатIов МухIамадил зигараялъ щун вукIанин абидал, гьел цодагьалъ сихIкъотIун хутIана. Цинги дида цадахъ вукIарав «Бахьикъосалъул» эбелав автор, шагIир ГIирбанил ХIажияс, гьеб сихIкъотIи хвезабураб гIадин абуна:
- Гьандихъ кколаха халкъияв хъвадарухъан Муса МухIамадовасул ватIанги, гьеб бихьизе бокьун дунги къватIив вахъун вукIана,- ян.
ЦIакъ рази-ракиго къабул гьаруна ниж гьанхъадерил гIолохъабаз. Гьезда гьоркьов вукIарав Кьуручанил МухIамадил МухIамадица бакI-бакIалде телефоналъ ахIун, ниж рекIине транспорт балагьиялъе гIамал гьабуна. Гьеб параялъ тIаде щвана «Жигули» машинаги. Гьелъул бетIергьан ватана Гьандихъ росдал гьоркьохъеб школалъул завуч Къурбанов Сайгитав. Къоло хадуб соналъ тарбия-лъай кьолев вугилан бицана гьес. Гьандихъ цIалулел руго НитIаб, Къваниб, НакIикь гIадал росабазул цIалдохъабиги. Буго интеранатги.
ЦIали лъугIараб заман букIаниги, школалъул азбаралдаса лъимал лъугIун гьечIоан. Берцинаб, узданаб сверухълъиялъги, борхатаб, кIитIалаяб школалъул минаялъги лъикIаб асар гьабулеб букIана. Муса МухIамадовасул цIаралъе гьеб мустахIикъаб букIиналъе нугIлъи гьабулеб букIана кирехун балагьаниги данде рортун рачIунел авар мацIалда хъварал калимабаз. Учительскаялда борхатаб си гIун бугоан лъагIелалъ къватIире риччарал «ХIакъикъаталъулги» цогидал газетазулги…
Киса-кибего бер щвезабун лъугIилелде нижер харбиде тIаде щвана гьалбал рачIун ругилан рагIарав Гьандихъ росдал школалъул директор ГъазагIалиев МухIамадги.
Гьес хIаракат бахъана бачIинахъего ниж школалъул, росдал гIумруялде гьоркьоре лъугьинаризе. Хасго гьеб бихьана чанго бутIаялде бикьараб музеялде щвараб мехалъ. Умумузул цIакъго цебесеб тарихалдаса байбихьун гьениб данделъичIеб тIагIел гьечIоан. ТIолабго магIарул росдал гIамал-хасият, магIишат, маданият цебе чIолеб хIал букIана. МагIарул киниги, лал тIамулеб къагIидаги, батIи-батIияб рагъул заманги, хIатта бахIарчиго ВатIан цIунаразе кунчIулеб цIагицин гьениб чIезабун бугоан. Хас гьабун халкъияв хъвадарухъан Муса МухIамадовасул кабинет-музеялдаги руго гьесул хъвай-хъвагIаял, тIахьал, хIалтIизабулеб букIараб алат-къайи…
- Нижер росулъ буго Къасмал абураб тухум,-ан бицана ГъазагIалил МухIамадица,- Гьеб лъугьун буго цебе заманалдаго Къородаса Гьандихъе гочун вачIарав Къасум абулев чиясдасан. Гьеле гьесул, ай Къасмал абулеб кIудияб тухумалдаса ккола нилъер машгьурав хъвадарухъан Муса МухIамадовги. Гьев вуго азарго сон аниги абадиялъего цIар хутIулев магIарулав. Нилъеца кIодо гьавичIони гьев лъицаниги гьавуларо. Муса МухIамадов мустахIикъав вуго шагьаралъул цо къватIалъе цIар кьезеги, паркалда памятник лъезеги… Гьай-гьай, ратила цо-цо бакIазда генералзабиги, машгьурал гIадамалги. Амма хъвадарухъанасдаса кIудияв щивго вукIунаро.
Мусал къисматалъул хабар рагIидал дида ракIалде щвана Къородаса КъебедхIажияв. Гьесул хIакъалъулъ ругел биценазда гьоркьоб дандчIвала гьезул тухумалда абулеб «гьанхъал» абулеб рагIи. Дунги вукIунаан гьеб рагIи кисадай бачIараб абун. Гьанже гIагар гьеб тухумалъул чи МуртазагIалица бицана КIудияв КъебедхIажиясул инсул вачIин Гьандихъан букIун бугилан.
Гьедин ратулел ругоха, МухIамад, нилъ цоцадайилан абидал, школалъул диреторасги абуна:
- Амма дие рекIее гIечIоха, дуца КъебедхIажиясул хIакъалъулъ хъвалаго, гьениб жаниб «чIагого гьан кваналел гьанхъал»,- ан рехсей…
Батила гьенибги умумузул рагIул цо магIна. Амма квешлъиялъе абулеб жо гуребги бичIчIулеб буго гьеб тухумалъул гIадамаз нахъа тараб кIочонареб лъалкIалдасан.
Гьедин, хабар-кIалалда музеялдаса лъугьарал ниж, росу бакьулъан бугеб къватI ккун эхедерегIелалъ, гьанхъадерица абухъе, тIасияб роххадехун къокъана…