Дорехун цIунтIал, анирехун бежтIал
БежтIе гIагарлъанагIан дир документал цIехезе бокьулеб букIана цадахъ ккарал киназего. Кодоб паспортгIаги бугищан абураб суал лъугIулеб букIинчIо. Дица гьелъул цебехун пикруго гьабулароан. ТалихI ккана гьаб нухалъ журналистасул билет гIаги кодоб бати. Гьелъухъги редакциялъул командировкаялъул кагътихъги балагьун, цодагьаб мехалъ щибго абичIого лъалхъун чIана гIорхъаби цIунулел. Нахъеги, паспорт гьечIебищхаян гьездаги яхI гьабизе кIвечIо цIехолдичIого.
Гьедин, кинги-щибги посталдаса жанибе нух бахъарав дида цебе бачIана коммунистазул заманалдаго гьеб мухъалде гьабураб сапарги, «БагIараб байрахъ» («ХIакъикъат») газеталъул редакциялъул тIадкъаялда рекъон КПССаллъул райкомалъул тIоцевесев секретарасул кабинеталда жаниб дицаго бачараб «Гургинаб столги». Гьай-гьай, иццул лъимгIан гIемерлъун букIараб гуржиязул чIачIаги…
БежтIаса кIикъоялда анцIгогIан километр гурони гьечIилан абула Гуржиялде. Дагъистаналъул тахшагьаралде абуни гьениса Гуржиялде абулелдаса ункъо-щуго нухалъниги цIикIкIараб буго нух. Гьединлъидал доб Союз бихилелде цебе бежтIадериеги гIемерго бигьаяб букIана Гуржиялде нахъе хьвадун гIи-боцIи бичун бетIербахъи гьабизе. Гьелдаги хIанидаги хадур БежтIе рачIунел рукIун руго жалго гуржиялги. БежтIаса байбихьун Грузиялъул ракьалде щвезегIан бахъулеб машинадул нухги букIана…
Кинабго хутIана нухда. Россиялдаса батIалъана Грузия, къана гIорхъаби. ЗахIмалъана доб мехалъ гIадин цIунтIадерилги бежтIадерилги бакIалдаго гIезабураб гIи-боцIи бича-хисиялъул суал тIубазабизеги. Италиялда Ватикан гIадин ЦIунтIа районалда жаниб БежтIа участок гIуцIиялъги ахIвал-хIал гьедигIан бигьа гьабичIо. Гьеб мухъалъул гIадамаз гьаруна митингал, президентасул цIаралда ритIана кагътал…
Дорехун цIунтIал, анирехун бежтIал лъугьун руго жидедехун республикаялъул тIадчагIазул пикру буссинабизе. Цо гьеб гуребги, дагь-дагьккун ЦIунтIаги БежтIаги магIарул мацI бицунел гIадамал лъугIизе рукIиналдаги хIинкъи буго. Доб мехалъ гьеб жо ракIалдецин кколароан. Гьанже гьеб мухъалда чIахIияб гIелалда гурони лъималазда, гIолилазда гьоркьоб магIарул мацI бицунел ратизе захIмалъулеб буго. Турциялда ругел магIарулазда гьоркьор гIадин херал чагIаз магIарул мацIги бицун, тIаде гIолеб гIелалда гьеб кIочон толеб хIисаб бихьана.