Главная/Зона Х

Зона Х

ХАСИЯТ

37905922_2015267418533912_8646170166469591040_n

 

                                             Дорехун цIунтIал, анирехун бежтIал

БежтIе гIагарлъанагIан дир документал цIехезе бокьулеб букIана цадахъ ккарал киназего. Кодоб паспортгIаги бугищан абураб суал лъугIулеб букIинчIо. Дица гьелъул цебехун пикруго гьабулароан. ТалихI ккана гьаб нухалъ журналистасул билет гIаги кодоб бати. Гьелъухъги редакциялъул командировкаялъул кагътихъги балагьун, цодагьаб мехалъ щибго абичIого лъалхъун чIана гIорхъаби цIунулел. Нахъеги, паспорт гьечIебищхаян гьездаги яхI гьабизе  кIвечIо цIехолдичIого.

Гьедин, кинги-щибги посталдаса жанибе нух бахъарав дида цебе бачIана коммунистазул заманалдаго гьеб мухъалде гьабураб сапарги, «БагIараб байрахъ» («ХIакъикъат») газеталъул редакциялъул тIадкъаялда рекъон КПССаллъул райкомалъул тIоцевесев секретарасул кабинеталда жаниб дицаго бачараб «Гургинаб столги». Гьай-гьай, иццул лъимгIан гIемерлъун букIараб гуржиязул чIачIаги…

БежтIаса кIикъоялда анцIгогIан километр гурони гьечIилан абула Гуржиялде. Дагъистаналъул тахшагьаралде абуни гьениса Гуржиялде абулелдаса ункъо-щуго нухалъниги цIикIкIараб буго нух. Гьединлъидал доб Союз бихилелде цебе бежтIадериеги гIемерго бигьаяб букIана Гуржиялде нахъе хьвадун гIи-боцIи бичун бетIербахъи гьабизе. Гьелдаги хIанидаги хадур БежтIе рачIунел рукIун руго жалго гуржиялги. БежтIаса байбихьун Грузиялъул ракьалде щвезегIан бахъулеб машинадул нухги букIана…

Кинабго хутIана нухда. Россиялдаса батIалъана Грузия, къана гIорхъаби. ЗахIмалъана доб мехалъ гIадин цIунтIадерилги бежтIадерилги бакIалдаго гIезабураб гIи-боцIи бича-хисиялъул суал тIубазабизеги. Италиялда Ватикан гIадин ЦIунтIа районалда жаниб БежтIа участок гIуцIиялъги ахIвал-хIал гьедигIан бигьа гьабичIо. Гьеб мухъалъул гIадамаз гьаруна митингал, президентасул цIаралда ритIана кагътал…

Дорехун цIунтIал, анирехун бежтIал лъугьун руго жидедехун республикаялъул тIадчагIазул пикру буссинабизе. Цо гьеб гуребги, дагь-дагьккун ЦIунтIаги БежтIаги магIарул мацI бицунел гIадамал лъугIизе рукIиналдаги хIинкъи буго. Доб мехалъ гьеб жо ракIалдецин кколароан. Гьанже гьеб мухъалда чIахIияб гIелалда гурони лъималазда, гIолилазда гьоркьоб магIарул мацI бицунел ратизе захIмалъулеб буго. Турциялда ругел магIарулазда гьоркьор гIадин херал чагIаз магIарул мацIги бицун, тIаде гIолеб гIелалда гьеб кIочон толеб хIисаб бихьана.

ХАСИЯТ
ХАСИЯТ

1667632347773

Унгоха, цо нилъ

 

Цо нухалъ шагьаралдаса магIарухъе рачIунаго Лавашиб бугеб ашбазалда аскIобе бакIарараб халкъалъ лахIчIегIерлъун букIана сверухъ бакI. Гьеб базаралда релъенхъвай бугеб жо букIинчIо. АскIор рукIарал руччабазда гьоркьоб рагIана гьадинаб гар-гар:

- Я, гъарин, гьал гIадамазе бугеб къварилъиго щиб, щай гьел гьанире данделъарал?

- ВахI, дуда рагIичIебищ, шагьаралдаго гIадин гьанже Лавашибги рагIула хIалтIи балагьулезул биржа. Гьеле гьеб биржаялде рачIун ругоха гIадамалги.

- Киналго магIарулал ратила…, цо течIого нахъе рачине бокьилаан,- илан дандиялъ абун бахъиналдего, нижер маршруткаялде жаниве вахун вачIана цо вас.

- Мунги хIалтIи балагьизейищ ун вукIарав?,- ан цIехана гьесда аскIор рукIарал руччабаз.

- У, ламадур бахъизе ун вукIана, лъикIаб гIарацги щвана,- ян махIги ургъичIого кIалъалев вукIарав гьев нахъеги тархъизавуна:

- Дур эмен гьечIевищ?

- Дир эмен хвана,- ян васас абидал, сапаралъул гьалмагъзаби циндаго сихIкъотIун хутIана…

Гьеб букIана доб цебегоялдаса нахъе нилъер магIарулазда тIаса унебго гьечIеб захIматаб мисал. ЦIоралде-нахъе чанги хьвадун бетIербахъи гьабулаго гьенир нухадаго хварал умумузул хобал ругилан абула. Гьелдаса нахъе жакъаги лъугIулел гьечIо хъизан-рукъ бачине гIураб магIишаталда хадур магIарулаз гьарулел «чабхъенал».

 

 

ХАСИЯТ
ХАСИЯТ

h-43

АВТОРАСУЛ КАЛАМ

ГIумруялъго сапаразда вугев дида жакъа ракIалде ккана нухдаса вуссиндал бихьараб-таралъул, дандчIварал гIадамазул  бицине., божизе захIматал, амма хIикматал лъугьа-бахъинал цIалдолезеги гIахьал гьаризе.

Гьел киналго цадахъ росун, цо кIудияб хьагинир гьалдолеб бакIалда релълъун бихьула годекIан. Гьениб бицен кколареб хабарги, рорхуларел суалалги рукIунаро.

Жакъа гIумруялъул масъалаби щивав  чиясул кIигъуждузде региялъул хIасилалда, хIалуцараб ахIвал-хIал букIуна щибаб росдал годекIаниб. Цебе годекIабахъ, хасалил заманалда, тIингъал ретIарал чагIи гурони рукIунароан.

РакIалдаса унаро гIагараб росулъ цо ганчIил гъонода хьибилги цун тIингъилъ гъапуллъун кколев ГIамачил Къурбан. Халипал ГIабдулал букIана жиндирго хасаб, цоги чи гIодов чIолареб гамачI. Гьениб бицунаан КIудияв ХIаваласул. ЛахIиялазул МухIамадица кIвахI тун гьарулаан лъималазе хенераби. ГодекIанир хIалаан дигалаби, ланга…

Гьанже гьеб кинабго тIубан лъугIун бугилан абизе бегьула. Дол цере гIадин гIадамаз гъункун цIурал годекIаби гIемер данчIваларо, хараби рихьуларо, лъугIулел руго тIингъал, киназего бокьулеб буго бахIарго рихьизе.

Амма годекIаналъул аслияб магIна жеги нус-нус соназ магIарухъ лъугIизе рес гьечIо. Гьенир данделъула къварилъи ккедалги, рохел гIатIид гьабизеги. Цо-цо росабалъ годекIанир гьарула бертаби, тIоритIула сухIматал, гIадатиял къояз къец бан бицуна политикаялъул, тарихалъул, гIагараб росдал унтарал суалазул…

 

ТАРИХАЛДЕ АРАБ САПАР
ТАРИХАЛДЕ АРАБ САПАР

Тарихалда хут1араб сапар Грозныялъул аэропорталде жаниве лъугьунаго дун вихьаравго, валлагь, гьудул, мун нусго нухалъниги щун ватила Туркиялдеян, нижеца кверал росун рахъиналдего абуна гьенивго цадахъ Истамбулалде боржине къачIараб  аэропланалда рекIине щун ватарав Бисас. Гьедин абулаха гIезегIан соназ «ХIакъикъат» газеталда хIалтIарав, «Дигъистан» журналалъеги бетIерлъи гьабурав, гьанже Авар театралъе нухмалъи гьабулев ГIалиев МухIамадида. Нижеца  цоцазул хъощ-баш гьабуна гьенирго ратарал Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат КIудиямухIамадов МухIамадгун рукIарал цогидазулгунги.   

Гьезда гьоркьор рукIана тIоцере турказул ракьалде щолелги чанго нухалъ гьенир рещтIаралги.

Подпишитесь на рассылку
Подпишитесь на рассылку
это поле обязательно для заполнения
Ваше имя:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Галочка*
Спасибо! Форма отправлена
Сетевое издание «Эркенаб ГЪУНИБ
Республика Дагестан, Гунибский район
Учредитель: сетевого издания МАУ "Редакция районной газеты «Гуниб»
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
Свидетельство о регистрации средства массовой информации ПИ № ТУ5-00239 от 19 февраля 2013 года
Главный редактор: Магомед Гитинамагомедович Кебедов
Телефон : +7 (988) 292-01-17
Адрес электронной почты : m.kebedov@mail.ru
Адрес редакции: 368340, Республика Дагестан , Гунибский район, с. Гуниб, площадь им. Шамиля
Все права защищены.
Любое использование материалов допускается только с письменного согласия редакции.
Редакция не несет ответственности за материалы, размещенные пользователями.
Порядок обработки персональных данных на сайте
Смещение времени на сайте относительно московского: 0 ч.
Яндекс.Метрика
Подписаться на рассылку
Оставьте заявку и с Вами свяжется менеджер в ближайшее время
это поле обязательно для заполнения
Строка ввода:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Я согласен(на) на обработку моих персональных данных*
Спасибо! Форма отправлена