« Дихъ кодоб буго кIудияб, биццатаб тетрадь. Гьелда руго КIудияб ВатIанияб рагъул соназда, яги гьездаса хадусеб заманалда гьарурал хъвай-хъвагIаял. ГьабсагIаталда дида лъалеб гьечIо гьеб тетрадь дихъе щвараб къагIида. Ва гьелда жаниб хъвараб жоги лъалароан. Амма ракIалда вуго тетрадалъул бетIергьан. Гъуниб рагъулаб комиссариаталда хIалтIулаго 1945-1946 соназда дун гьевгун дандчIван вукIана. Гьев вукIана ворхатав, къарматIав Ругъжаса лейтенант.
Жиндирго дневникалда лейтенант ХIажи Гунашевас бихьизабулеб буго Крымалъулаб фронталда, Керчь шагьаралда гIагарлъухъ КIудияб ВатIанияб рагъул соназда букIараб ахIвал-хIал.
1982 соналда гIумруялдаса ватIалъана ХI. Гунашев. Ва гьесда цадахъ ана жиндирго бахIарчияб гIумруялъул унго-унгояб балъголъи.
Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго жеги 1970 абилеб соналда публицист В. Биршертил «Крым» издательствоялъ биччараб тIехьалъ ва гьесулго 1975 абилеб соналда «Пограничник» абураб журналалда бахъараб очеркалъги.
КигIанго бокьичIониги нилъеда, дагъистаниязда, цIакъго дагь лъала нилъерго бахIарчиял ракьцоязул хIакъалъулъ.
Офицерасул хъвай хъваязда ругел кьучIал баяназ, мухIканал документаз бихьизабулеб буго нилъер бихьинаб гIамалалъул ракьцоявгун цадахъ рукIарал рагъухъабазул къохIехьей, бахIарчилъи.
Жиндирго гьитIинаб ВатIаналда гуревги ХIажи Гунашев мустахIикъав вуго Россиялъул пачалихъалулаб ХIурматалъеги.»
Гьедин хъвалеб буго хIинкъи гьечIолъиялъул ветеран, генерал-майор ГIумар МуртазагIалиевас 2009 соналдаго къватIибе биччараб «Дагестанаская правда» газеталда ва хадуб жинцаго данде гьабураб «Аджимушкайсий дневник офицера» абураб тIехьалдаги.
Жакъа нижеца журнал цIалулезда цебе лъолеб буго офицер ХIажи Гунашевасул хъвай-хъвагIаязул кьучIалда хIадур гьабураб материал.