Ноябралъул тIоцебесеб къоялъ хIалтIулаб сапаргун Гъуниве щвана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул Председатель Заур Аскендеров. Райадминистрациялъул минаялда цебе гьесда дандчIвай гьабуна Гъуниб районалъул бетIер МудунхIажи Къадировас, Халкъияб Собраниялъул депутатал МухIамад КIудиямухIамадовас , МахIуддибир Каримовас ва цогилги жавабиял хъулухъазул гIадамаз.
Райадминистрациялъул залалде данделъун рукIана районалъул киналниги росабалъа вакилзаби, нухмалъулел, депутатал, тIолалго организациябазул хIалтIухъаби, специалистал.
Дандеруссин рагьана ва бачана районалъул бетIер МудунхIажи Къадировас.
Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул Председатель Заур Аскендеровас байбихьуда бицана ва данделъаразда бичIчIизабуна дагьал цере къояз Дагъистаналъул конституциялда гьабураб хиса-баси ва гьелъул магIна. Гьелъул хIакъалъулъ хадубккун редакциялъги кьезе буго дагьаб гIатIидаб баян.
Данделъиялда букIана гIезегIан районалъе пайдаяб хабар. Гьенир рорхана хIажатал школазул, ясли-ахазул, нухазул гIадал гIезегIан масъалаби. Бищунги лъикI ккараб жо гьениб цебе лъураб суал хасаб бербалагьиялде босизе рагIи кьуна З. Аскендеровас.
Ахиралда районалъул лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул к1удияб къокъаялъе кьуна бат1и-бат1иял шапакъатал.
Гьелдаса хадуб районалъул бетIерасул кабинеталда жаниб букIана гьабсагIаталда мобилизациялда рекъон Украиналда рагъулаб налъи тIубазабулел гIолилазул улбузулгун дандчIвай.