Гъуниб районалъул цIар рагIараб спорталда хурхараб стендалда рихьизе бегьула нилъер, дунялалдаго спорталъул цIар рагIарав ГIалиев ГIали Зуркъанаевич.
Жеги Россиялъул мустахIикъал тренерал,- гугариялъул М.М. Рамазанов, чуял тIамиялъул спорталъул Джафаров А. М. Россиялъул мустахIикъал тренерал, дзюдоялъул ва самбоялъул спорталъул – АхIмадов ГъазимухIамад, ГIалибулатов Гъайирбег, Къасум Насрудинов ва Дибиров МухIамад. Дагъистан республикаялда альпинистазул тIоцеве спорталъул мастерлъун вахъарав, МухIамад ХIажиевасул вац Къурбан ХIажиев. Рагъ байбихьилалдего, кьвагьдеяялъул спорталъул мастерлъун вахъарав, КIудияб рагъул гIахьалчи ХIажиев ХIамзат ГIибадулаевич.
ГIамиров ГIамир, Мамаев МуртазагIали, Мамаев Шамиль, Мирзалаев Мирзалав, МахIачев ГIумар, Рамазанов Сафар, КIудиямухIамадов МухIамад, Насрудинов Питулав, ГIумаров Муса, Шахназаров ГIабдула ва ГIабдурашид, Шахназаров АхIмад – гьел киналго руго Совет Союзалъул сорталъул мустахIикъал мастерал.
Совет Союзалъул пилотажазул тIадегIанай, мустахIикъай спорталъул мастер ПатIимат Къурачева. Россиялда тIоцевесев спорталъул мастер, Дагъистаналда волейболалъул мастер-Мирза ХIасанов. Парашюталъ кIанцIулезул спорталъул мастер – ХIажиев ГIали.
Спорталъул мастерал КIудиямухIамадов Шамиль, Нурасулов МухIамадхIажи, ГIалиев Дамал, ГIалиев ГIали, Хазамов ХIамзат, Мачаев Мурад, Махочи Сагитов, МудунхIажи Шейхамиров, ХIажи МахIатилов, ГIаишат Мусалова, ПатIимат ГIабдулатIипова, Китилай МухIамадова, Мурад ва МутIалиб Хизриевал, ва гьединго, гьел гурел цойгидалги.
МухIамад Сагитов- гьев ккола, Гъуниб тIоцебе каратэ школа рагьарав.