Тохтур - гьеб рагIиялда жаниб буго кIудияб, бицун бажарулареб магIна. Тохтур ккола нилъее Аллагьас маслигIаталъе вижарав, унтун чIвадулесда Аллагь-Авараган кколев чи. Нилъер ракI чIола рухI хвасар гьабизе тIоцебе Аллагьасда, хадуб тохтурасда. Унтарасул берал рукIуна, тохтурасул бадире ралагьун, щибдай гьес абила, киндай гьес гьабила абун. Гьесул цо хIеренаб рагIи ва хинаб балагьигицин кколеб буго дару. Гьединлъидал гьал къояз дун дандчIвана МахIачхъала шагьаралда бугеб Централияб больницаялъул цоабилеб неврологиялда бугеб инсульталъул отделениялъул нухмалъулей ХIасанбегова Сафинат Насрулаевнагун.
Сафинат йиго школа лъугIаралдаса медицинаялъул институталдаги цIалун, централияб больницаялда ординатураги лъугIизабун, гьелдаса нахъе гьений ракIбацIцIадго хIалтIулей, гIадамасда рекIел гурхIи бугей, гIадатияй мугIрул яс. Гьей неврологиялъул инсульталъул отделениялда нухмалъи гьабулей йигелдаса буго кIиго сон. Гьеб кIиябго соналда жаниб Сафинатица чанго чи сах гьавун витIана больницаялдаса къватIиве. Гьелъие баркала кьолел гурони, гIарз гьабулев чи ваккичIо. Киназго гьарулеб буго гьелъие щулияб сахлъи. Гьаб нилъерго Гъуниб казияталде кьолеб буго гьелъулгун ккараб пайдаяб гара-чIвари, гIадамазеги цIализе ва лъанги букIине, инсульт кин кколеб ва гьелъул симптомал.
-ТIоцебесеб иргаялда бокьилаан дуца бицине, цин цодагьаб дурго хIакъалъулъ. Мунго киса кколей, кинаб хъизамалда гIурай?
-Эмен ккола дир Хунзахъ районалдаса, эбел йиго Гъуниб районалъул КIуяда росулъа Равзат абун. ГIуна дун Гъизилюрт шагьаралда ва гьениб школаги лъугIизабун ана медицинаялъул институталде цIализе. Интернатураги лъугIизабуна гьанибго Централияб больницаялъул гIаммаб терапиялда. Цинги ана дун Москваялде неврологиялъул махщел камил гьабизе. Дун жеги санайил кIиго-лъабго нухалда уна гьение. Гьедин хIалтIизе лъугьаралдаса ана къоло кIиго сон. Гьаб инсульт ккаразул отделениялда нухмалъи гьабулей йиго дун 2020 соналдаса нахъе.
- Щай дуца тIаса бищараб хасго гьаб махщел, цойгидаб бищичIого? БукIанищ дур батIияб махщел тIаса бищун букIарабищан ккараб мех?
-Дун жеги гьитIинай йигелдаса нахъего абулаан дида эбелалъ тохтурлъун йитIизе йигин. Эбел жийгоги тохтурлъун яхъине бокьарай, мурад тIубачIей йикIиндал батилаха. Дирги тIокIаб батIияб махщалиде гъира ва анищ букIинчIо. Гьанже инсульталъ унтарал гIемер ругелъул, бокьана гьезие хъулухъ ва сахлъи гьабизе. Киданиги букIинчIо дир батIияб махщел бокьилаанилан ккараб мех. Дие кутакалда бокьула дирго хIалтIи. Дие рокьула гIадамал. ХIалтIудаса отпускалъул заманалда дида кIоларо рокъой чIезе. Дир ракI хIалтIуде цIала. Рокъой йигеб заманалдаги дица хIалтIуде ахIун лъазабула унтарасул ахIвал-хIалалъул.
-Сафинат, кинаб бухьен бугеб дур гIагараб, эбелалъул ватIан Гъуниб районгун?
-Дир буго гьенибехун кутакалда лъикIаб бухьен. Дун гьитIинаб къоялдасаго унаан Гъуние, ТIаса Гъунив вукIана дир эбелалъул вац ИсмагIил-даци абун, гьев гIемерисезда лъалевги ватила. Гьес нухмалъи гьабулеб букIана Гидрометеостанциялъе. Школалъул щибаб каникулаз унаан дун гьение. Гьаб сагIатги дир ракI гьениб букIуна. Щибаб риидал дун гьение щола. Гьаб соналъги кIиго-лъабго нухалъ йикIана гьений. Гьениб бугеб гьава-бакъги, берцинлъиги кин бокьичIого букIунеб.
- Сафинат, нилъер гьаб ахираб заманалда инсульт ккун унтарал гIемерлъулел ругелъул, рачIа нилъеца гьанже гьеб, гьаб нилъерго казият цIалулезе ва киназдаго лъазе гьеб инсульт - унтул. Дур пикруялда щай гьеб гьедин гIемерлъулеб бугеб? Дур кинаб пикру бугебали гьелъул рахъалдасан бокьилаан дуца баян гьабизе.
-ТIоцебесеб инсульт лъугьунеб жо буго гIадамасе бидулаб кьаби борхи (давление). Гьелда абула хIинцго гIадан чIвалеб хвелилан. Щайгурелъул чанги чияс, I40 ва I50ялде бахараб давление тола, гьадингояб жо бугилан кIвар кьечIого. Чанги чи вукIуна I80-I90-ялде давлениеги борхун, гьеб жиндирго ругьунаб давление бугин абун. Гьелдаса хадубги гьеб 200-2I0 ялдеги бахун инсультги ккун рачIуна больницаялде хехаб ахIиялъул машинаялъ хъамун. Гьединаб давлениялъ цо-цоязул гIадалъе би чвахун, цIакъ захIматго рачIуна, цойги ишемическияб инсультги ккун рачIуна ботIроде би унел сосудалги къан биги гIечIого. Хадуб буго атеросклероз - хъалиян гIемер бухIиялъул, гьелъ сосудал хола, хварал сосудал къала. Гьелдаги хадуб буго ракIалъул кьабиялъул нарушение. Тохтурзабазухъе инчIого чIола. ЛъагIалида жанир кIигогIаги нухалъ ине ккола тохтурзабазухъе, кардиограмма бахъун, холтер ретIун, ракIалъул узи бахъун диспансералъул учет букIине ккола. Пациентал рукIине ккола учеталда, нагагь гьезда цIехани, гьезда лъалеб гьечIо поликлиника киб бугебали, лъаларо жиндирго участкаялъул тохтур. Гьаб заман буго нилъер цIакъ захIматаб. Цодагьал жидедаго тIад чIезе ккола. Дир гьари буго, тIад чIей гьабе.
-Цо ккаралда хадубго, кIиабилебги инсульт ккезе рес бугищ гIадамасе, ва кинаб хасият гьелъул букIунеб?
- КIиабилеб инсульт ккеларишха, чакаралъул унтиги бугони, давлениеги бугони. Гьанисан (больницаялдасан) анцIго къоялъ лечениеги гьабун уна гIадамал рокъоре, жал сахлъаниланги абун, дарабиги гьекъоларо, гьекъезе рокъоре хъван кьурал. КигIан бицаниги гьезда бичIчIулеб гьечIо, тIоцебе инсульт ккарав чиясул хадусан ккараб инсульт тIадеги хIинкъи бугеб букIин. ГIемерисел рачIуна цинги гьанирего кIиабилеб нухалъги инсультги ккун.
- КIиабилеб нухалъги инсульт ккечIого букIине щиб гьабизе кколеб? Нилъерго казият цIалулезеги лъан букIине, бокьилаан дуца бицине.
- Нижеца сах гьарун къватIире риччалаго гьезда бичIчIинабула ва хъван кьола хадусанги гьабизе кколеб лечение. Жеги бичIчIизабула гьезда, къойида жаниб кIиго нухалда, ай, радалги къасиги давление борцине кколеблъи тIадчIун, гьезие нижеца тIасабищараб дару букIуна гьеб борхичIого букIине. Нагагь гьелги рекъечIони, данде кколарел ругони, поликлиникаялдеги ун, жидерго участокалде ун, гьенир гьезда данде кколел хисизарун хъвазаризе ккола. Холестерин гIодобе ккезабулел дараби гьекъезе ккола. Чакаралъул унти батани, гьелда тIад чIезе ккола, радал-бакъанида гьебги борцине, дарабиги гьекъезе ккола. Гьеб кинабго жо гьабизе ккола тIадги чIун, жеги инсульт ккечIого букIине. Масала: нижер масъала буго гьаниб отделениялда, гьеб сундасан ккарабали гIилла балагьизе. Цинги доб гIилла батарабго нижеца унтаразда бичIизабула гьадинаб гIилла бугин унтиялъулин абун. Нужеда лъан букIине, инсульт абураб унти гьечIо, буго осложнение унтиялъул. ГIилла гьечIого инсульт кколарелъул.
-Инсульт ккаразе реабилитация кин ва киб гьабизе бегьулеб? КигIанасеб заман гьелъие къваригIунеб ва кинал специалистазухъе гьел ине бегьулел?
- Нилъер руго гьединал унтаразе хасал реабилитациялъул централ. Нилъер бищунго къварилъи бугеб жо буго гьединал централ Республикаялда гIолел гьечIолъи. Нилъер централияб больницаялда рагьизехъан буго кIудияб гьединаб центр. Гьаб жакъа къоялда, гьединал централ руго Тарнаир санаториялда, шагьаралъул кIиабилеб ва тIоцебесеб больницаязда. Гьенире инсульт ккаразе направленияби кьола поликлиникаялдасан. Реабилитация ккола, инсульталдаса хадуб бох, гъеж хIалтIичIев чиясе, амма, гьеб хIалтIарасе нижеца хъварал дараби гьекъаниги гIола. Рокъор ругел хъизамазда лъазе ккола гьеб кин гьабилебали, гьезда малъунги букIуна. Гьезие кколеб физическияб зарядкаги, къойида жанив бацIцIадаб гьаваялдасан хьвадизеги ва гьеб гуребги. Нилъер интернеталдасанги рес буго гьанже бокьараб жо лъазабизе. Руго жеги специализированиял централ, гьенир рукIуна кинезия-терапия, механо-терапия, хIалтIуларел квер букIа, бох букIа хIалтIизарулеб центр. Гьелъ къого гIаги къо бахъула.
-Инсульт карав чи депрессиялде инчIого вукIине щиб гьабизе кколеб?
- Гьединав чи депрессиялде инчIого вукIине руго дараби, антидепрессант абун. Гьеб битIараб суалги буго дур, гьаб цIияб бачIунеб гIелалдаги лъан букIине. Щайин абуни, инсульталъ унтарал гIемерисел депрессиялде ккола. Депрессиялде ккарасул унтаби тIадеги гIемерлъула. Участокалъул врачас яги нижеца гьанир гьезие хъвала депрессиялде данде дараби.
-Дица кьечIого хутIараб суал, дуе абизе бокьараб щиб бугеб гIадамазе?
-Дие цойги абизе бокьараб жо буго гIадамазде, инсульт унтуларо, гьединлъидал гьеб лъаларо, гъеж-бохалъул хIалтIизе кIунгутIиялдасан лъани гурони. Масала инфаркт унтула, гьеб ккарав чиясул керен унтула, гьеб лъала. Инсульт унтуларо, гьединлъидал хехаб къагIидаялда гьеб лъазабуни, инсульт ккарав сах гьавизе кIола. Дир гьари буго: нагьагьлъун, нужеда рокъоса чиясул бер-кIал, хисун бихьани, кIалъай хисани, хехго лъазабе, ахIе тохтурасухъе, гьеб метералде лъикI лъугьинин течIого. Меседил сагIатин абун букIуна медицинаялъул ункъго сагIатгун бащдаб заман, гьеб заманаялда жаниб нижеда гьабизе кIолеб жо буго тромболизис абун тромб биинабулеб укол гьабизе. Гьелдаса тIадегIанаб заман бахъани, кумек гьабизе цодагьаб захIмалъизе буго, ва халат бахъине буго.
Нилъер халкъалъе ва цIалдолезе щиб дуца гьарилеб?
- Дица гьарила нилъер халкъалъе рекъел, нилъер вацал, васал рокъоре сахлъиялда руссине жидерго хъизамазде тIаде. Сахлъи гьарула киназего. Аллагьас тIаса росаги нилъедаса гьал киналго унтаби.
Дуеги баркала, гара-чIвариялъе заман батаралъухъ.
Рукъият ГIалисултанова