Главная/СТАТЬИ/ПУБЛИКАЦИИ ГАЗЕТЫ "ГЪУНИБ"/ЦО КЪО ГУРО, ЩИБАБ КЪО БУГО ЭБЕЛАЛЪУЛ…

ЦО КЪО ГУРО, ЩИБАБ КЪО БУГО ЭБЕЛАЛЪУЛ…

Араб анкьалда, районалъул маданияталъул кIалгIаялда тIобитIана  Эбелалъул къоялъул хIурматалда дандеруссин. Гьенире тIаде къабул гьарун рукIана районалъул росабалъа Украинаялъулгун рагъда васал ругел улбул, гьезул хъизанал ва гIагарлъи. Гьединго, дандеруссиналда гIахьаллъана районалъул идарабаздаса хIалтIухъаби, районцоял.

Улбузда байрам баркулаго, эбелалде гьарурал асаралги рикIкIунаго дандеруссин рагьана ва хадубккунги нухда бачана культураялъул цеехъан Пат1имат Абакаровалъ.

Данделъаразда эбелалъул къо баркун, гьабсагIат нилъер улкаялда бугеб ахIвал-хIалалъул, рекIее парахалъи гьечIеб заманаялъул бицун, рагъда лъимал ругел улбузе, хъизаназе  ракI батулеб калам гьабун, гьезие кверчIваялъе нилъ киналго хIадурал рукIин загьир гьабурал, бадибе магIу щварал  кIалъаял гьаруна гьенир гIахьаллъарал райсобраниялъул председатель ХIIабдулаевас, районалъул бетIерасул заместителал М.АсхIабгIалиевас, И.ГьитIиновалъ, МохIоб росдал бетIер И.МухIамадовас ва цогидазги.

Хадубги, эбелалде гьабураб кечI, цIакъ пасихIго  рикIкIана Гъуниб школалъул цIалдохъан М.МухIамадовалъ, асар гьабуледухъ кечI ахIана ХIутниб школалъул цIалдохъан М.МухIамадовас, гьединго рукIана школлъималазул  жеги церерахъиналги.

Музыкалиял сайгъаталгун цере рахъана культураялъул хIалтIухъаби, машгьурал кочIохъаби И.МухIамадова, Къ.МухIамадсадикъов, К.Рамазанов ва цогидалги. Балагьаразе асар гьабулеб, почалъул хIалтIухъан Р.Асияловаги гIахьал гьаюн КДЦялъул хIалтIухъабаз бихьизабуна, гьаб ахираб заманаялъул рукIа-рахъин бихьизабулеб, армиялде вас ахIиялъул хIакъалъулъ сценка.

Гьединго, сценаялде къабул гьаруна БацIада росулъа лъимал гIемерай, гьабсагIаталда жиндир вас рагъда йигей БацIадаса П.ГIисаева, гьелъул яс Аминат, васасул чIужу Фатима. Гьезулги цоялъул вас, цоялъул рос вуго рагъулал операциязда гIахьаллъулел.  Жиндир кIалъаязда, гьез цIакъ сабруялда загьир гьабуна рагъда ругел гIагаразухъ урхъун рукIиналъул, кин бугониги  Аллагьасде ( с.т.) аманат гьабун рукIине ккеялъул  ва  баркала загьир гьабуна жиндир хIурмат гьабуралъухъ.

Гьединго, ахиралдаги вагIза-насихIат гьабун, Аллагьасде ракI тIамун, божилъи гьабизе ккеялъул  ракIал гIодоре риччазабураб калам гьабуна районалъул имам ГIалиасхIаб Разакъовас:

Эбелалъул къо бугищ исламалда жаниб ян гьикъани, дица абила, гьай-гьай буго, гьебги  цо къо гуро,  щибаб къо буго эбелалъул, щайгурелъул улбузе баркала кьун лъималаз  кигIан гьел кIодо гьаруниги, кигIан лъималаз гьезул адаб гьабуниги, кигIан гIемераб жо гьезие гьабизе лъугьаниги, киданиги   лъималазда эбелалъе кьезе кколеб баркала  кьун бажаруларо. Исламалъ  кутакалда тIадегIан гьарун руго улбул, эбел-эмен ва гьезухъехун бугеб бербалагьиги Аллагьас ( с.т.)  кутакалда тIадегIан гьабун буго. Къуръаналда  Аллагьас  абулеб буго, щиб нужеда эбел-инсуца малъананиги нужеца  «уфилан» хIухьелцин   гьезде данде  гьабуге ян.   

 ГьабсагIат,  Украинаялда,  гьаб лъикIаб гьечIеб заманалда, рагъда  гIезегIан    руго нилъер диналъул вацал, жакъа гьанир залалда гIодор чIаразул лъимал, вацал,  росал.    Гьез гIемер къо баччулеб буго, свакалелги руго,  амма  кин бугониги Дагъистаналъул агьлу, бихьинал  ва гьединго руччаби киданиги, къо ккараб мехалъ, «паникаги»  багъаризабун гIодулел чагIи  рукIинчIо. Нилъеца  кидаго тIаде ккараб къо баччулеб букIана къадруялда,  гьедин инша Аллагь,   гьенир ругел  нилъер  гIолохъаби, Аллагьас (с.т.) хъван батанани, сах-саламатго, гьоркьоса чи камичIого тIадги  руссина.

Дида бич1ч1ула нужеда бугеб хIал, хасго эбелазул,  щаян абуни дирго вацги вуго гьенив  ва дида йихьулей йиго дирго эбелги кинаб ургъалида йигеяли. Гьединго,  дирго вацгIалзабиги, гIагарлъиги гIезегIан руго дора.  Гьезул гIагарлъиги  ургъалида руго.  Дица гьездаги дирго эбелалдаги абула ва нужедаги абулеб буго  Аллагь  (с.т.)  вуго,  Аллагь ( с.т.) гурхIел бугевги вуго, эбелалъе каранда бугеб лъимадасаги цIик1кIун Аллагьасе ( с.т )  нилъги рокьула,  гьеб жо нилъеда лъазеги ккола.  

Бакълъухъа КIудиясул вас армиялде унев мехалъ гьесда абун буго  щай мун   дурго вас цо лъикIаб бакIалде ккезавизе  кIалъаларев абун,  гьес абун буго киве дир вас ананиги киса- кивего Аллагь вуго, Аллагь вугеб бакIалда квешгоги букIунаро. Аллагьас лъикIаб хъван батаги, диналъул яцал, гьабулеб кинабгони битIун ккайги.

Эбелалъул хIакъалъулъ абуни, Аварагасда (c.т.гI.в.) гьикъараб мехалъ бищунго лъикIаб бербалагьи лъидехун нилъеца гьабизе кколеб абун, гьес абун буго - эбелалдехун, хадуб лъабго нухалъги гьикъидал гьес абун буго  - эбелалъул абун. Цинги  ункъабилеб  нухалъ - гьес абулеб буго инсул  абун. Гьединан гурхIелалъулги, рахIмуялъулги рахъалъ нилъеца эбел кIодо гьайизе ккола, гьединго  эбел-инсул адаб тейги кутакал чIахIиял мунагьаздасан цояб буго. ТIадегIанав Аллагьас абун буго, лъабго чиясе алжан хIарам гьабун буго, гьекъон-мехтун вукIунев чиясе, хъизан-лъималазул тIалаб гьабуларесе ва  жиндирго эбел-инсуе гIакъуба кьолел чагIазе ян.

Аллагьас  ( с.т) лъикIаб хъван батаги. ИншаАллагь къокъабго заманалда рагъги лъугIила,  нилъер васалги тIад руссун рачIина, улбузе парахалъиги букIина.

Дандеруссиналъул  ахиралда рахъана ракIалде щвеялъул суратал ва кьуна сайгъатал.

 Надират КЪУРБАНГIАЛИЕВА

2

Подпишитесь на рассылку
Подпишитесь на рассылку
это поле обязательно для заполнения
Ваше имя:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Галочка*
Спасибо! Форма отправлена
Сетевое издание «Эркенаб ГЪУНИБ
Республика Дагестан, Гунибский район
Учредитель: сетевого издания МАУ "Редакция районной газеты «Гуниб»
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
Свидетельство о регистрации средства массовой информации ПИ № ТУ5-00239 от 19 февраля 2013 года
Главный редактор: Магомед Гитинамагомедович Кебедов
Телефон : +7 (988) 292-01-17
Адрес электронной почты : m.kebedov@mail.ru
Адрес редакции: 368340, Республика Дагестан , Гунибский район, с. Гуниб, площадь им. Шамиля
Все права защищены.
Любое использование материалов допускается только с письменного согласия редакции.
Редакция не несет ответственности за материалы, размещенные пользователями.
Порядок обработки персональных данных на сайте
Смещение времени на сайте относительно московского: 0 ч.
Яндекс.Метрика
Подписаться на рассылку
Оставьте заявку и с Вами свяжется менеджер в ближайшее время
это поле обязательно для заполнения
Строка ввода:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Я согласен(на) на обработку моих персональных данных*
Спасибо! Форма отправлена