Главная/СТАТЬИ/ПУБЛИКАЦИИ ГАЗЕТЫ "ГЪУНИБ"/ЧIАГО АЛЖАНАЛДА ХЬИХЬУН РУГО…

ЧIАГО АЛЖАНАЛДА ХЬИХЬУН РУГО…

Кинаб босаниги хIалтIи буго хIалтIи, щибалъул руго жидер хаслъи бугел захIматалги, жидерго бигьаялги рахъал. Дагьал гьечIо хIакъикъаталдаги захIмат-хIинкъи бихьулел,  хIалтIулеб заманалда бигьалъи-парахалъиялъе бакI гьечIел хIалтIаби-хъулухъал. Гьезул цояблъун ккола вехьасул хIалтIиги. Гъутаналда вехьлъун хIалтIараб чанго моцIалъул стажги, бежтIадерил мугIрузде гIи бачун араб 24 къоялъул хIалбихьиги букIиналъ, дагьабго бугониги дидаги лъала гьелъул магIли.

 Жакъасеб нижер гара-чIвари буго гIумруялъул 76 соналдаса 34-яб гIияда хадуб тIамурав хIалбихьи бугев вехь, хъизан ХIажияйгун гьабсагIаталда берцинаб хIалалда жиндирго гIагараб Сугъралъ росулъ вугев ГIабдулхIалимов Жамалдинилгун.

 

- Микьго классги лъугIун школа теялъе, гьебги тун вехь­лъун иналъе гIилла щиб бу­кIа­раб, Жамалдин?

 

- Эменги вукIана хIалтIизе кIо­лареб хIалалда, эбелги йи­кIа­на пенсиялда, рукъалъул ресги ки­набха гьедин ругеб мехалъ, доб за­маналда букIинеб. Гьедин, 1963 соналда ккана вехьлъун гъу­таде, гьаб бицун,доб бицун, тIо­кIав кьуризе виччачIо кол­хо­зал­даса, повесткаги дихъе кодобе кье­чIого армиялдецин ине течIо.

 

- ГьитIинав гIолохъанчи, ки­ве, щиб гъутаналде мун ккарав?

 

- Доб мехалъ эхеде вачIун вукIана КъабахIов МухIамад (КъабахI), 5-абилеб брига­да­ялъул бригадир, гьесда цадахъ гье­ниве ккана дунги. Цо лъа­гIе­лалъ хIалтIаравго, гьениве бри­га­дирлъун тIамуна дир вац Зай­ну­дин, кивеха гьес дун кьуризе те­лев, течIо, хутIана гъоваго. ГIе­зегIан сонал гьенирги ран, ана 4-абилелде (бригадирлъун вукIана Ба­гъинов МухIамад). Цинги Зай­нудин тIамуна 1-абилеб бри­гадаялъул бригадирлъун, дунги ана гьениве. Гьениса гьев 3-аби­лелде витIараб заманалда дунги ана гьевгун. Гьенив хIалтIулаго Зай­нудин къадаралде щвана ва бри­гадирлъун ккана ХIажияв (Ка­мал) МухIамад. Дагьал соназ гьевгунги хIалтIун, хIалтIиги чIал­гIун диегоги гIун букIун 1997 соналда дун вилълъана эхеде.

 

- Мун тIоцеве гъутаде щве­дал щал рукIарал гъора ругел чIа­хIиял гIухьби, щал карал мун­гун дандчIварал, хIалтIарал, дуе риг-тадбир гьабурал чи?

 

- ГьитIиназе бухунго бу­кIу­нин хоб абураб аби гIададисеб гу­ро доб бугеб-ворте, Жамалдин; хе­тте, Жамалдин; ахIе, Жа­мал­дин; гьокъе, Жамалдин - гьеб бу­кIана тIоцебе, жеги дида хIал­тIи лъалареб заманалда дие бугеб ни­зам (дунги Ягъанов ГIалиги гу­рони тIокIал гьитIинал чи ру­кIин­чIо гъора). ТIоцеве дун ву­кIа­на Атрачев МухIамадида ца­дахъ (АхIмадил эмен), гъора же­ги рукIана МахIачил ГIумар, Ягъа­н­ля ГIумар, СагIадул ГIу­маргун Муса. ЧIалгIунги бу­кIунеб букIун батила доб мехалъ хIал­тIи, амма чIалгIанин абун лъи­ца кивеха дун виччалев. Да­гьаб нахъа, гIолохъанаб, дица ми­на базе ккараб заманалда цо-цо рес щолаан росулъе ине. Гьеб­ги август моцIалда, битIун гIа­да­ма­зул хIалтIи гIемераб, росулъ хер хвалеб заманалда. Амма ни­лъер шоферзабаз (ГIисалгIумаров МухIамад, Ягъанов Парис, На­кIкIа­зухъа АбдурахIман, За­ки­лов ХIасан, ИсмагIилов Му­хIа­мад, Дамаданов АхIмахIажи ва гь.ц.) гьабулаан дие гамачI- цIул ба­ччизе ва цогидалъе кумек, гу­ребани бигьалъилароан мина базе. Хадур дида цадахъ вехь­лъун хIалтIана Кудалиса Абу­ллагь, Сумаев МалагIали, ШагI­ман (ЛъаратIаса). ГIолохъанчи ШагIман вачIана гъове вехьлъун, гъоваса ана армиялде ва гьениса тIадвуссарабго, я рокъове, я дове-гьаниве кивениги инчIого, "Здрав­­ствуй, чабан"- ин абун, цIан ­битIун жидехъе авлахъалде вачIанин гьев абун бицунаан МалагIалица. 1-абилелда цадахъ ву­кIана Къандасо ТIагьир, ку­та­кал­да чIваркьарав, кIвахI гьечIев ин­сан.  КIиго лъагIелалъ лъаб­аби­лелда цадахъ вукIана Харц Гъа­зимухIамад. Киналго гьел ру­кIана хIалтIи гурони тIокIаб жо лъа­ларел, хIалбихьи бугел, ку­мек бугел, лъикIал гIадамал.

 

- Дуца 34 лъагIелалъ кодоб ккун буго вехьасул тIил. Кинаб хIал­тIиха гьесул бугеб?

 

- Кин абилеб, гьоркьохъеб абу­ни гIемер мекъи ккеларо. Ба­леб-пулеб заманалда, хасго ца­дахъ вугевги  гьекъезе бокьулев чи вугони, хIалтIи бигьа­лъу­ларо, бихьула гIакъуба. ЛъикIаб гьа­ва-бакъ бугеб заманалда, ца­да­хъги магIнаял чи ккани, ки­наб­гIаги къварилъи букIунаро, хIал­тIи гIемерго бигьалъула.

 

- Доб мехалъ вехьасе ру­кIа­рал шартIал, гьесие щолеб бу­кIа­раб мухь кинал рукIарал?

 

- Хасго тIоцебесеб заманалда гъу­табазда букIунароан берцинаб хIа­лалда гIухьби регизе бакI­цин, хадуб дагьаб мадар ккана гьеб рахъалъ. Ролъ, гьан, цIам чIе­забиялъулъ букIинчIо къва­ри­лъи. Хас гьабун гьелъие ва цо­ги хIажаталъе бел`эгьаби чIе­за­рун рукIаниги, гIи бацIун унаго хи­наб квен нижеда бихьулароан. Гьел­де тIаде, нухда ругеб за­ма­нал­да гьабин абизе шартIал гIухь­бузе рукIинчIо - хIибтил па­лащ, цинкалъул бадра, хохол чак­маял - гьеле гьесул кинабго "бечелъи". Нухда чура-хули­я­лъул, ретIел-партал хисиялъул су­алги кинабха букIинеб. Ма­гIар­де щварабго, хIалтIи гIемерго би­гьалъаниги, шартIал рукIа­на­ха долго - къвани- ганчIида тIаде ра­хунаан хинкIал, гъадаро-цIа­рагI кибха букIинеб, палщида тIад буцулаан ролъ, гьелда тIаде ба­хулаан белъараб гьанги. Му­хьа­лъул бицани, гьеб киданиги квеш щолароан дие. Гьале дихъ ругел кагътазда рекъон, гьор­кьохъеб хIисабалда дие щолеб букIун буго 450 гъурущ, бу­кIунаан мех 250 гъурущ щва­раб­ги, кколаан гIемерго тIаде арабги (цадахъ ругел гьалмагъзабиги росулъе ун цохIо дунго магIарда хутIараб заманалда)

 

- Цоги дагьаб бигьаяб ва пай­даяб хIалтIи тIаса бищичIого гьебгощинаб заманалда вехьасул хIал­тIи гьабизе ккеялдаса ки­да­ниги рекIекълъанищ мун?

 

- КинабгIаги рекIекълъи гьечIо. Квешаб гIумруги букIин­чIо, лъикIаб сахлъиги букIана, рекъараб магIишатги букIана, бо­кьараб хIалтIиги гьабун бажа­рулаан. Гьал ахирал соназда кка­наха гьадин, дагьаб тохлъана сах­­лъиялъул иш.

 

- Доб мехалъ дида мун гIе­мер рагIун гурони гьедин цIи­кIкIун лъалароан. Цоги гьал­магъгун цадахъ гъутабазда све­рулев вукIарав дун духъе щве­дал, дагьалъ хабар-каламалдаги ру­кIун ниж унаго, щибго аби­чIого, нижер машинаялда тIад дуца лъуна чIагояб куй… Дол­да­са нахъе ун батила лъебер­го­ял­дасаги цIикIкIун сон, дуда кIо­чонги батизе бегьула гьеб, амма ди­да киданиги кIочонаро… Дида лъа­ла гьединал хIужаби дур цо­гиги рукIин, гьедин гьабиялдаса ре­кIекълъиялъул асар киданиги би­жанищ дур?

 

- Дуца бицунеб жо щиб, ки­наб рекIекълъи, гIагардеги ре­кIекъ­лъичIо. Дихъе щварав гьу­дул-гьалмагъ дица киданиги ви­ччачIо дир бугеб щибниги кье­чIого. Мунги вукIана цо за­ма­налъ вехьлъун, доб мехалъ дова-гьа­нив дида дандги чIвалаан, тIо­цеве дихъе щвараб мехалъ кин­ха витIилев чIового. Дуцаги ку­йин абун гьедин кIодоги гьа­буге, букIун батила гIуркIкIен.

 

- Кинаб пенсия жакъа дуе бу­геб ва кинаб бугеб гьелъул къа­да­ралдаса разилъи-разилъун­гутIи?

 

- БукIана 25 азарго гъурущ, гьан­же дун 1-абилеб группаялъул инвалидги вугелъул, буго 35 азар­го гъурущ. Майин абун дие ро­къобе босун бачIунеб гьеб гIар­цудаса рази гьечIого вукIине кин бегьулеб, кутакалда рази вуго.

 

- ГIумруялда жаниб дуе кка­на гIезегIан захIматал камиялги, ка­муна 3 вац - Зайнудин, Му­хIа­мад, ГIабдулагь…

 

- Аллагьас нилъеда бихьизе хъв­а­ралдаса кирениги кIанцIизе бакI нилъер букIунаро, нилъеда гьи­къун бачIунеб жо гуро хвел. Гье­дин къабул гьабуна дица гьеб ками, Аллагьасул нухдасан, тIа­даб къагIидаялда лъабавго нух­даги тIамуна.

 

- Дуца нахъе тараб, дуда би­хьараб, дуца баччизе ккараб ки­набго данде босун абизе бе­гьу­лищ мун гIумруялдаса рази ву­гин абун?

 

- Валлагь разигоги вуго, лъикI­гоги вуго. ГIемер лъикI хьи­хьунги руго, гIемераб рикъ­зи­ги кьун буго. Дун вуго ни­лъерго росулъ, ругьунаб ба­кIал­да, хъизам-къайигун, гьудул-гьал­магълъигун. Буго ригьалда ре­къараб сахлъи, дие гIураб хIал­тIи-магIишат, дие буго гIун­ги тIокIаб пенсия. ХIал гуро, зул­му гуро, дир буго бокьухъе дин гьабизе рес, дица борхана хIеж. Я вац, тIокIабги щиб бугеб ин­санасе хIажатаб? Цогидазул жаваб кьела цогидаз, амма дир гьечIо гIарз бахъизе бакI, дица гьеб какуларо, дица кинабгIаги гIайиб чIваларо дица гIумру гьабулеб бугеб, дун хьихьулеб бугеб пачалихъалдаги. Къокъ гьабун абуни, Аллагьасе щукру-рецц, чIаго Алжаналда хьихьун руго…

 

ГIабаш ГIабашилов

 

Подпишитесь на рассылку
Подпишитесь на рассылку
это поле обязательно для заполнения
Ваше имя:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Галочка*
Спасибо! Форма отправлена
Сетевое издание «Эркенаб ГЪУНИБ
Республика Дагестан, Гунибский район
Учредитель: сетевого издания МАУ "Редакция районной газеты «Гуниб»
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
Свидетельство о регистрации средства массовой информации ПИ № ТУ5-00239 от 19 февраля 2013 года
Главный редактор: Магомед Гитинамагомедович Кебедов
Телефон : +7 (988) 292-01-17
Адрес электронной почты : m.kebedov@mail.ru
Адрес редакции: 368340, Республика Дагестан , Гунибский район, с. Гуниб, площадь им. Шамиля
Все права защищены.
Любое использование материалов допускается только с письменного согласия редакции.
Редакция не несет ответственности за материалы, размещенные пользователями.
Порядок обработки персональных данных на сайте
Смещение времени на сайте относительно московского: 0 ч.
Яндекс.Метрика
Подписаться на рассылку
Оставьте заявку и с Вами свяжется менеджер в ближайшее время
это поле обязательно для заполнения
Строка ввода:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Я согласен(на) на обработку моих персональных данных*
Спасибо! Форма отправлена