ДандчIвай
ДЕПУТАТАС ТIАДЕ ГIАДАМАЛ КЪАБУЛ ГЬАРУНА
Гьединго депутатасухъе рачIаразда гьоркьор рукIана хасал мурадалгун рачIаралги, гьесул кумекалдаса разилъун , баркала кьезе бокьаралги, иш Декабралъул тIоцебесеб къоялъ Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад КIудиямухIамадовас Гъуниб районалъул администрациялъул минаялда жанир къабул гьаруна районалъул гIадамал. ВачIана къоло щугогIан чи. РачIаразда гьоркьор рукIана росабазул нухмалъулел, райадминистрациялъул отделазул жавабиял, цо-цо хъулухъчагIи, пенсионерал…
Масала, КIогьориб росдал бетIер М. МахIмудовас борхана нухда хъил тIеялъул, гъоркьа КIогьориб жаниб къаси канлъи чIезабизе ккеялъул суал. Ругъжаб росдал бетIер Т. ХIажимусаевас гьарана ХIутниб росдада официалияб къагIидаялъ гьеб цIар тадсикъ гьабизе кумек. Районалъул гIолилазулгун спорталъул рахъалъ отделалъул начальник Сагитов МухIмадица цебе лъуна гьанжесеб заманаялъ районалъе хIажатаб масъала. Ай, райцентралда хIалтIизе хIажат буго гIолилазе тир. Районазда гьоркьосеб беццазул обшествоялъул председатель Р. Ярбиловги дандчIвана депутатгун ва гьес загьир гьабун жидерго цолъиялъул иргадулаб данделъиялде кумек гьабуни лъикIаб букIинилан абураб хьул.
Депутатасухъе бачIун букIана лъималазе тIадеги лъай кьеялъул (ЦДО) тIубанго гIадин коллективги . Гьезул рахIат хун бугоан районалда искусствоялъул школа гIуцIулеб букIиналда бан, жидер хIалтIухъаби хIалтIи гьечIого хутIизе гурилан. Гьениб депутатас загьир гьабуна районалъе хIажат ругилан ЦДОялъулги искусствоялъул школалъулги хIалтIухъаби. БичIчIизабуна районалда искусствоялъул школаги цебего хIажат букIанилан. Гьединлъидал щалго къварид гьарулеб къагIидаялъ гьеб кIиябго мурад тIубазе букIиналда хьул лъезабуна депутатас.
данд базе гIологи, гьадинго квер босизеги…
Абизе ккола депутатасдаса акIоса разиго гурони цониги чи инчIилан. Жив-живасе щвана жинди-жиндир суалалда рекъараб жавабги кумекги. ТIубачIеб, тIубазабизе захIматаб масъалаги гьениб депутатасда батичIо. Гьединлъидал тIаде рачIарал гьесда аскIоса унел рукIана баркалабиги абулаго.
Гьай-гьай, гьениб депутатасадаги «Гъуниб» газеталъул редакторасдаги гьоркьоб редакциялъул хIакъалъулъ хабар ккечIого хутIичIо. ХутIаралъги тIад гIунтIулеб буго газеталъул коллективалъеги тIубараб районалъегицин абизе бегьила газеталъул тIоцебесеб номер къватIибе аралдаса 1
00 сон тIубалеб жавабияб 2023 абилеб сон.
Гьелда бан нижер хабар букIана районалъул бетIер М. Къадировасулгунги. Гьес кьураб рагIи ккуна ва бачIунеб соналъул бюджеталде босизе кумек гьабуна газеталъул юбилеялда бан къватIибе биччалеб журналалъе, редакциялъул минаялъе ремонталъе , цогидалги хIажалъабазе гIураб къаралда харжалъе гIарац бихьизабизе.
Газеталъул юбилей республикаялдаго лъикI иналъул мурадалда жиндирги жигараб гIахьаллъи букIине бугилан рагIи кьуна МухIамад КIудиямухIамадовасги. Щибаб соналъго гIадин, гьаб нухалъги «Гъуниб газеталъул юилеялъулаб I00 соналъул хIурматалда депутатас нусго чиясе районалъул газеталъе подписка гьабуна.
Гьеб буго цоги депутатас тIубараб лъагIел лъугIизегIан районалъул нусго чиясул рокъобе битIулеб салам. Гьебги тIибитIизе рес буго районалъул щибаб росулъ.
Ахиралда абун тела депутатасулгун дандчIвай районалда анилан цIакъ берцинаб гIодобе биччараб ахIвал-хIалалда.
М. КЪЕБЕДОВ.