Гьеб букIана 26 абилеб май, 2022 абилеб сон. СалтIаса СагIидов Камилил вас Шамилида божилъи гьабуна Харковалъул мухъалдехун Россиялъул рагъухъабазул къокъагун жиндирго БМПгун цевехун ине. Буюрухъ гьединаб букIана. Шамил гьеб заманалде хIинкъи къай гьечIев рагъухъан хIисабалда лъалев вукIана. Жиндирго гьесул букIана сержантасул чин. Шамил кколаан взводалъул командирги. Лъидаха лъалеб букIараб гьеб 26 абилеб май СалтIаса гIолиласе, хIалбихьи щварав рагъухъанасе ахирисеб сапарлъун ккезе букIинилан. Унелги рукIана ракIччIун, цебе лъураб рагъулаб тIадкъай тIубазабизе. ТалихI къосин.... нухда батараб минаялъ кьвагьизабуна СалтIаса Шамилил БМП, рагъулаб машина... цIа гIадав гIолиласул гьеб бакIалда лъугIана гIумру....
I7 абилеб июналда росо жамагIат къватIибе бахъун букIана,.Киназго кIудияб хIурматалда тIовитIана СалтIаса СагIидов Камилил вас Шамил ахираб нухда...
Гьедин кьуна СалтIаса гIолилас ВатIаналъ цебе лъураб масъала тIубазабулаго гIумру, Украиналда хасаб операциялда рихьизарурал чанги бахIарчиял ишалги хIисабалде росун гьаб соналъул I2 абилеб июлалда Россиялъул Президент Владимир Путинил Указалда рекъон СалтIа росулъе Шамилил рокъосезухъе бачIана lV степеналъул орден Сятого Георгия.
Гьединал бахIарчиял гIолилал гьаб заманалдаги районалда ратулел рукIиналдаса нилъ чIухIизе бегьула.