Главная/Новости/МУХIАМАД ХIАЖИЕВАС - 115 СОНГИ ЦIИДАСАН ЦIИ ГЬАБУРАБ РОСДАЛ МАДАНИЯТАЛЪУЛ КIАЛГIАГИ

МУХIАМАД ХIАЖИЕВАС - 115 СОНГИ ЦIИДАСАН ЦIИ ГЬАБУРАБ РОСДАЛ МАДАНИЯТАЛЪУЛ КIАЛГIАГИ

Гьадин рагьана Мох1об росулъ ц1идасан къач1араб клуб Г1ахъуша 1 ГIахъуша ва Гъаякент районазул нухмалъулел МахIач ГIабдулкеримов, МухIамад Эльдарханов... DZAjDtDCriw BOTf0WvxwRM Г1ахъуша Хазина 3IX84Twk_HM

Ц1идасан ц1игьабураб Мох1об росдал маданияталъул к1алг1а

Мах1ачхъалаялъул Мух1амад Х1ажиевасул ц1аралда бугеб заводалъул генералияв директор ГIабдулвагьаб Папалашов

Нижедаса цере гIезегIан гьалбал щун ратана республикаялдаго бахIарзаздалъун машгьураб МохIоб росулъе. Киналго данделъулел рукIана гьениса вахъарав цIар рагIарав ралъдахъан, Совет Союзалъул БахIарчи МухIамад ХIажиевас 115 сон тIубаялде. Гьелде данде ккезабун къачIан лъугIараб росдал маданияталъул кIалгIа рагьиялъул тадбирги букIана.

РачIа-рачIарал гьалбазе хъулухъалда жамагIатгун цадахъ эхетун вукIана росдал бетIер МухIамадов Исрапил.

Дагьал церегIан къ ояз гьевги вукIана МухIамад ХIажиевасул хIурматалда жиндир цIар кьураб севералда бугеб ХIажиево шагьаралъул юбилеялъулал тадбиразда гIахьаллъараб Гъуниб районалъул вакилзабазул делегациялда цадахъ. Гьениб жиндие гьабураб асар загьир гьабуна гьанже МохIоб росулъ данделъаразда цебе районалъул бетIер МудунхIажи Къадировас.

ХIурматиял гьалбадерида гьоркьор рукIана ва кIалъазе рахъана Республикаялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул заместитель Гьарун Давыдов, Тахо-Годил цIаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъул генералияв директор Пахрудин МухIамадов,  ГIахъуша районалъул цевехун вукIарав бетIер АхIмад МахIарамов, МухIамад ХIажиевасул цIаралда бугеб заводалъул генералияв директор ГIабдулвагьаб Папалашов, ГIахъуша ва Гъаякент районазул нухмалъулел МахIач ГIабдулкеримов, МухIамад Эльдарханов, ХIажиево шагьарадаса ралъдал  рагъулаб часталъул вакилзаби И. С. Шлыков, В. И Балхин ва цоцо цогидалги.

КIалъаялги рукIана МухIамад ХIажиевасул памятникалда цере тIугьудул лъолагоги маданияталъул кIалгIа рагьун хадусаги.

Гьаниб чанго рагIи абичIого гIоларо нилъер кIалдиб ругьунаб росдал клубалъул хIакъалъулъ. БитIараб буго гьеб цIидасан къачIана. Амма рачIа жанисаги къватIисаги гьелъул хал гьабизе. ТIубараб улкаялъул къисматги тарихги хвезе биччачIого гьабун буго гьениб хIалтIи. Жанире лъугьаралго нилъехъ балагьун ратула квегIиса В. И. Ленин, кваранисан И. Сталин. Сценаялда тIад чIухIун чIун руго МохIоса вахъарав ункъо БахIарчи : кIиго Совет Союзалъул МухIамад ХIажиев, МухIамад ХIамзатов ва кIиго Социалистияб ЗахIматалъул ГIабдурашид МухIамадов, Булат ГIалиев.

КIалъазе рахъа-рахъараз къимат кьолеб букIана махIадерил тарихияб маданияталъул кIалгIаялъе. Гьеб цIунизеги къачIазеги хIаракат бахъаразе кьолел рукIана баркалаби. Реставрация гьабулаго бахъизе ккараб жиб-жиб ганчIида лъун букIанилан бицана  номер кIиабизе лъолаго мекъи ккечIого рукIине.

 Гьедин ракI унтун гьабун буго гьениб МохIоб росдал бетIер МухIамадов Исрапилица хIалтIи. Цо гьеб гуребги гьес росулъ жанир къватIазул, лъадал, цогидал бакIаздаги дагьаб хIалтIи гьабичIо. Дун ккун вукIана жеги церехун соназ бараб МохIоса Дамаданил зиярат , жанисел кьоял рагьулагоги…

Гьай-гьай, гьединаб хIасил росулъ жаниб ккей бараб буго Гъуниб районалъул администрациялъул хIаракатчилъиялдаги. Клубалда гьабулеб хIалтIи бихьизе щун йикIана республикаялъул культураялъул министр Зарема Бутаева.

Ниж, районалъул «Гъуниб» газеталъул хIалтIухъаби абуни, жеги талихIаллъун ккун рукIана, жеги офицалияб къагIидаялъ рагьилелдего росдал бетIерас рес кьун букIана жамагIаталъулгун гьениб дандчIвай гьабизе.

Балагьараб мехалъ гьеб къоялъги гьениб щивасулъ гIажаибаб рохелги чIухIиги бессун букIана. Тартибалда гIуцIун букIана тадбир. Гьеб берцинго рагьана ва бачана Гъуниб райадминистрациялъул гIолилазулгун спорталъул ва туризмаялъул рахъалъ отделалъул начальник МухIамад Сагитовас ва культураялъулгун хIухьбахъиялъул централъул нухмалъулей ПатIимат Абакаровалъ. 

Щибаб кIалъаялдаса хадур цере рахъунел рукIана батIи-батIиял бакIаздаса рачIарал гьунарчагIи: Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъал хIалтIухъаби Ирайгьанат МухIамадова, Пирдас ХIажимухIмадова, фольклоралъулгун хореографиял ансаблял «Хазина», «ГIахъуша», МахIачхъалаялдаса бачIараб лъималазул ансамбль.

Гьай-гьай, ахиралда киналго гIахьаллъараб махIадерил нигIматаздалъун бечедал столал. Гьедин гьудул-гьалмагълъиялда лъугIана иргадулаб нухалдаги Совет Союзалъул БахIарчи МухIамад ХIажиевасул хIурматалда гIуцIараб дандеруссин.

 

МухIамад КЪЕБЕДОВ

Суратазда : байрамалдаса цо-цо лахIзатал

Подпишитесь на рассылку
Подпишитесь на рассылку
это поле обязательно для заполнения
Ваше имя:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Галочка*
Спасибо! Форма отправлена
Сетевое издание «Эркенаб ГЪУНИБ
Республика Дагестан, Гунибский район
Учредитель: сетевого издания МАУ "Редакция районной газеты «Гуниб»
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
Свидетельство о регистрации средства массовой информации ПИ № ТУ5-00239 от 19 февраля 2013 года
Главный редактор: Магомед Гитинамагомедович Кебедов
Телефон : +7 (988) 292-01-17
Адрес электронной почты : m.kebedov@mail.ru
Адрес редакции: 368340, Республика Дагестан , Гунибский район, с. Гуниб, площадь им. Шамиля
Все права защищены.
Любое использование материалов допускается только с письменного согласия редакции.
Редакция не несет ответственности за материалы, размещенные пользователями.
Порядок обработки персональных данных на сайте
Смещение времени на сайте относительно московского: 0 ч.
Яндекс.Метрика
Подписаться на рассылку
Оставьте заявку и с Вами свяжется менеджер в ближайшее время
это поле обязательно для заполнения
Строка ввода:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Я согласен(на) на обработку моих персональных данных*
Спасибо! Форма отправлена