ГIезегIан сонал руго Гъуниб районалда гIолилазул жамгIияб цолъи гIуцIаралдаса. ГьабсагIаталда гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Ругъжаса Ибрагьимица. Жиб-жиб росулъ вуго жидер-жидер гIолилазда гьоркьоб хIалтIи гьабизе, гьеб нухда бачине тарав чиги. Гьарулел тадбиралги руго батIи-батIиял. Аслияб къагIидаялъ гIолилаз хIаракат бахъулеб буго спорталъулгун диниял дандеруссиназдаса пайдаги босун тIаде гIун бачIунеб кьералда гьоркьоб бичIчIи кьеялъулаб хIалтIи гьабизе. ГьабсагIаталда гьеб ишги берцинго унеб буго районалда.
ЦIарал рехсон телин росабазул гIолилазул церехъабазул: КIуяда Шамил, Гьонода ЖабрагIил, КIогьориб ГIумар, ХIотIочIиб Шамил, Кудали-СилтIа СултIан, Шуланиб ИсмагIил, БацIада ГIабдула, Къорода Шамил, СалтIа МухIамад, районалъул спорталъул кIудияв Муса, районалъулго гIолилазул цевехъан Ругъжаса Ибрагьим. Цоги вуго гьезда гьоркьов Къурбан абун гIолилавги.
Киназулго жеги мухIканал баянал нижеца гьанир кьезе хIаракат бахъила.