«Гъуниб» газеталъул редакциялъ хIаракат бахъулеб буго гьабсагIат рагъулаб налъи тIубазабизе аралги гьениса тIад руссаралги рагъухъабазулгун щулияб бухьен чIезабизе. Масала, гьединазул цояв ккола гьал къоязда гьедин рагъулаб хъулухъ тIубазабизе арав Къорода кьотIа школалъул директор Багилов Мурад. ГьабсагIат гьевги цадахъ ругел цоги Гъуниб районалъул цоцо гIолилалги ругилан бицана Владикавказалда.
Жакъа гьеб бицен гьабураб шагьаралда жиндирго ишалда вукIарав Дагъистаналъул мустахIикъав артист АхIмад Закариев щвана нилъер гIолилазухъе гьоболлъухъ. АхIмадица гIолохъабазе бачIана сайгъат салам, цогидаб хIажатаб.
Гьеб дандчIваялдаса разиго хутIана гIолохъабиги. Гьез гьарана «Эркенаб Гъуниб», «Гъуниб» газеталъул редакциялъ жидер цIаралдасан АхIмад Закариевасе ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабеян.
Гьедин гьабулеб буго нижецаги. Кирехун ратаниги кир ругониги нилъер гIолохъабазе гьарула сахлъиги гIумруги.
Аллагьас цIунайги. Хабарал лъикIарал рагIайги.