Главная/Dagistan-Diaspora/ХlАБШИСА РАШИДГИ КЪОРОДАСА ПАТlИМАТГИ

ХlАБШИСА РАШИДГИ КЪОРОДАСА ПАТlИМАТГИ

FB_IMG_1670079903334

FB_IMG_1670079885026

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Туркиялдаса харбал

Нижеда лъалеб букIана Рашид унтун вукIин. Амма цо цIакъго церегIанго соназ гьеб цIар Туркиялдаги Дагъистаналдаги ругел машгьурал магIарулазда гьоркьоб гIезегIан тIибитIун букIанилан абизе бегьула. Балагьараб мехалъ Рашидие бокьулеб букIунеб гьечIо рецц-бакъ, гIемер живго вихьизавизе. Гьебго заманалда цогидазухъ гIенеккараб мехалъ умумузул ВатIаналъухъ урхъарал гIадамазда гьоркьоб цебесеб кьердаги ватулаан кидалго Рашид.
Гьале Гюнейккой росдал бакьулъ эхетун ругел нижеда аскIове цIакъ таваккалго вачIана гьоркьохъеб жаниб цIураб къамартIаб черхалъул дагьдагьккун жинца гIолохъанлъи тезе байбихьи лъуравгIадав чи. Гьес саламги кьун, нижергун хъош-баш гьабуна.
- Нужеца гуриш Рашид гьикъулев вукIарав, рилъаха,- ян абуна гьес хIалица тIиндаса бахъунгIадин бачIараб магIарул мацIалда.
- Рилъа,- ян абуна нижецаги гIемер ургъичIого. 
Нухда лъай-хъвай ккарав Гъазица рагьана Рашидил маххул каву. Цо-кIиго нухалъ кIутIарабго рагьун бачIана рукъалъул нуцIа. Нижехъ ралагьун рукIарал гIадин кIалтIаго дандчIвай гьабизе эхетун ратана цо ригь арай, цогияй жеги бахIарлъиялъул асар чорхолъа лъугIинчIей, амма цоцада релъен-хъвай бугей кIиго чIужугIадан. Цо хинаб балагьиялъ гIужие росараб хIисаб лъугьинабуна. БачIинаго «Рашид»,-ан гьикъигун, ниж цо гвангъараб узданго къачIараб жанахIалъуре рачана.
Къадал ракьанда гIазухъахIаб бусада хьибил рехараб хIисабалда вугоан цо кIудияв чи. ЦIороберазда гъоркьан валагьулев гьесул гьурмадаго тIитIибитIун анилан ккана роххалил гьогьен. ХIалица ворхун вачIунев гьесда гьесун вукIана воре вугеб хIисабалда вукIаян абизе. Амма абизе кIвечIо гьедин кIваниги кIвечIониги ниж кIодо гьаризе гъираялда тIаде хIункьун вачIунев вугев чиясул ракI бекизе гурилан.
- Дагъистаналдасайиш?
- У, Дагъистаналдаса, - ян бетIер гьанкIана нижеца.
- Рашид, нужер умумул дора Дагъистаналдаса киса щал кколел?
- Дир инсуда цIар букIана КъутIбудин, -ян хIалицаго цIалеб хIухьелгун бицунеб букIана Рашидица. – Гьев ккола ХIабшиса. Эбел ПатIимат йикIана ГьаракIуни росулъа. Гьезул рукIана дунги малъун щуго лъимал. ГьабсагIат чIаго руго жеги кIигоял: Багьжатги МухIамадги.
- Дир инсуда цIар букIана ХIажимухIамад,- илан бицана гьесул хъизан ПатIиматицаги.- Гьев кколаан Къородаса, эбел РахIмат йикIана Хьаргабиса. Дир вуго цоги ункъого сон барав Мурад абурав вацги. Гьес гIумру гьабулеб буго Измир шагьаралда.
- Дурго гIумру Рашид, кин ва киб бакIалда араб?
- ГIемерал соназ гIумру гьабун вукIана Стамбул шагьаралда. Аслияб хIалтIи цоги бакI букIаниги кидалго вукIунаан Кадыржан Кафлыясда цадахъ.
- ГIайиб гьабуге, Рашид гьев Кадыржан щив, щиб иш-пишаялъул чи вукIарав?
- Кадыржан Кафлы. Гьеб цIаралъул магIна ккола Кавказалъул чи абураб. Гьев гьавун вуго I903 абилеб соналда Урма росулъ . Бицунаан гьев Кадыржан ункъо сон барав чи Дагъистаналдаса Туркиялде вачIун вугилан жиндирго эмен МухIамадгун ва эбел ГIайшатгун цадахъ. Гьев вукIана лъикIав хъвадарухъан. Кадыржаница хъван I942 соналда Туркиялда басмаялда бахъана «Шималияб Кавказ» абураб тIехь. Кинабниги гьес къватIибе биччан буго турк мацIалда ичIго-анцIго тIехь. РакIалда буго гьезул цоялда букIараб цIар: «Полоп бараб ралъад». Туркиялъул пачалихъалъулал чIахIи-чIахIиял газетаздасаги зама-заманалдасан цеве вахъунаан Кадыржан. ХIатта, гьесул газеталда букIана хасаб «МархIаба» абураб колонка-букIон. Туркиялъул парламенталда жанивги ХIукуматалъул батIи-батIиял хIалтIабаздаги вукIана Кадыржан-кафлы. Гьебго заманалда гьев вукIана Стамбул шагьаралда Туркиялдаго тIоцебе рагьараб Шималияб какавказалъул гIуцIиялъул ва гьеб пачалихъалда рукIарал цогидал нилъер халкъазулги жамгIиял гIуцIабазул федерациялъул бетIералда. 
- ВахI, Рашид, мун вихьула гIемер рагIарал гIадамазда цадахъ гIумру арав чи. Дернекалъул, жамгIиял гIуцIабазул ишал гьарулаго чанги батIи-батIиял дандчIваял ккун ратила. Жакъа гьелъул бицунеб бугони, щиб ракIалде щолеб, дагъистаниязда гьоркьоса кинаб цIар хутIараб ракIалда?
- Расул… Расул ХIамзатов…,- ан карандаса бахъун цо чIухIун гIадинги абун, гьев нижехъ балагьана,- Гьеб букIана Туркиялда турк мацIалда Расулил «Дир Дагъистан» къватIибе бачIараб заман. Доб мехалъги хадусаги чанго нухалъ нижер рокъовги рештIана нилъер кIудияв шагIир. 
Цо параялъ тIадеги яхъун къвал цIун сураталгун ячIана гьесул хъизан ПатIиматги. Гьанже кIиялго гIашикъго лъугьана цIидасан рихьулелгIадин гьезухъ балагьизе. Ва щибаб сураталда ралагьарал гIадамаз гьезул беразда цебе хъвазабулеб бугилан кколеб букIана жидерго бахIараб заман.
Гьале цо сураталда цадахъ гIодор чIун руго квегIиса байбихьун Рашидги, ХIамзатил Расулги, цо заманаялъ Туркиялъул сенаторлъун вукIарав цоги магIарулав Амануллагь Челебиги…
Гьоркьоса яккун ячIун цо жо ракIалде щвараб гIадинги лъугьун ПатIиматицаги цIехана Фазул хIал-хIукму. Нижеца бицана. Бицана исана Расулица 90 сон тIубайги кIодо гьабун, Туркиялда гьесие памятник базехъин бугин, гьал къоязда гьелда бан Яловаялде шагIирасул яс СалихIатги щун йикIанилан. ТIад-тIад руссун Рашидицаги ПатIиматицаги цIехолеб букIана унго Расулил яс Туркиялде ячIун йикIанищан. Гьелдаса бичIчIулеб букIана цебехун кIиябго хъизаналда гьоркьоб лъикIаб гьоркьоблъи букIараблъи. Гьединабго къагIидаялъ ракIалде щвезабуна гьез жидехъе Фазу ГIалиева ячIараб заманги. Бихьизабуна цадахъ бахъараб суратги. 
ГIемераб хабар букIана Рашидилги ПатIиматилги нижее бицине. Амма пайда щиб… Цо кIиго-лъабго соналъ цере гьел чIаголъиялда ругеб мехалъ щвечIогоян нижеца нижеего хIукму къотIулеб букIана. БахIараб заманаялъ Дагъистаналдаса рачIарал гIемерал гьалбадерида цадахъ чанги сардаз гIодор чIанилан бицана ПатIиматица. Гьанже кIодолъараб мехалъ гьезие гIемераб хабар гьабизе захIмалъулеб букIана… Кинабго бахIараб гIумру Рашидилги ПатIиматилги суратазда хутIун бугоан…

МухIамад КЪЕБЕДОВ.

Мах1ачхъала- Стамбул –Ялова – Гюней-кой.

( Жакъа к1иялгоги ч1аго гьеч1о. Аллагьас мунагьал чурайги).

 

FB_IMG_1670079907323

Подпишитесь на рассылку
Подпишитесь на рассылку
это поле обязательно для заполнения
Ваше имя:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Галочка*
Спасибо! Форма отправлена
Сетевое издание «Эркенаб ГЪУНИБ
Республика Дагестан, Гунибский район
Учредитель: сетевого издания МАУ "Редакция районной газеты «Гуниб»
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
Свидетельство о регистрации средства массовой информации ПИ № ТУ5-00239 от 19 февраля 2013 года
Главный редактор: Магомед Гитинамагомедович Кебедов
Телефон : +7 (988) 292-01-17
Адрес электронной почты : m.kebedov@mail.ru
Адрес редакции: 368340, Республика Дагестан , Гунибский район, с. Гуниб, площадь им. Шамиля
Все права защищены.
Любое использование материалов допускается только с письменного согласия редакции.
Редакция не несет ответственности за материалы, размещенные пользователями.
Порядок обработки персональных данных на сайте
Смещение времени на сайте относительно московского: 0 ч.
Яндекс.Метрика
Подписаться на рассылку
Оставьте заявку и с Вами свяжется менеджер в ближайшее время
это поле обязательно для заполнения
Строка ввода:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Я согласен(на) на обработку моих персональных данных*
Спасибо! Форма отправлена