Украиналде ватIан цIунизе арал васазул улбузул ракIал кин рукIунелали киназдаго бицинчIониги лъаларищха. Къойилго рачIуна гьенисан бахIарчиял васазул кагътал, харбал. Гьенир руго жеги нилъер мединститут лъугIарал тохтурзаби, медсестраби. Гьединазул мухъилъ вуго, Украиналда рагъ байбихьараб къоялдаса нахъе, жиндиего бокьун, лъукъаразе дару гьабулев КIуяда росулъа Жамбулат ва ПатIимат Насрудиновазул цохIого цо вугев вас, рагъулав тохтур-ХIайбулагь. Цодагьал цере къояз ХIайбуллагь вачIун вукIана рокъове ва гIемераб заман бахъичIого ана нахъего, гьенир жал гIадинал тохтурзаби хIажат ругилан, инчIого бегьуларилан абун.
Дица Гъуниб казияталъул бетIерав редакторасул гьариялда рекъон, гьесул эбел-инсулгун бухьен гьабуна ва бичIчIана КIуядаса къвакIараб ракIалъул бахIарчияй эбелги йикIин.
- ПатIимат, бокьилаан дуца цодагьаб васасул хIакъалъулъ бицине…
-ХIайбулагь цIалана тIоцеве цIалана Каспийск шагьаралъул I- абилеб школалда, хадуб нижеца гьеб лъугIизабизе витIун вукIана росдал школалде. Цинги ХIайбулагь цIализе лъугьана Медицинаялъул институталде . Гьениб лъабго курс лъугIингун инсуца ХIайбуллагь хIалтIизе лъуна редукторниялда бугеб, гьанжесеб шагьаралъул №I абилеб больницаялда, неврологиялъул отделениялда. Гьеб больницаялда хIалтIана гьев армиялде инегIан. Ростов шагьаралда вугев имгIаласул дова пропискаги гьабун, гьесул кумекалдалъун контрактги хъван, гьенисан ине бокьун букIана гьесие рагъулаб госпиталалде хIалтIизе ва гьенибго ординатураги лъугIизабизе. Рагъулав тохтурлъун вахъине анищ букIана ХIайбулагьил. Цинги хеккого Украиналда рагъ байбихьана.
Эбел жив унев вугила Украиналде лъукъаразе кумекалъе, гьенир тохтурзаби хIажат ругин, абун вас кIалъайдал, дир чорхол рухI босун ана, цинги хIал лъазе течIого дицаги абуна гьесда, - ХIайбулагь , гьеб дуцаго бищараб нухги буго, мун рагъулав торхтурги вугелъулха, гьабеха дир вас ракIалъ ахIараб къагIидаялъ. Нух битIайги, Аллагьасде аманат! – ЛъикI бугоха эбел, - ян васасги абуна, цинги гьес телефон гIодоб лъуна. Гьел рукIана нижер цоцазде ахириял рагIаби.
Гьес гьедин ахIун бачIиндал гьесул гIолохъанай хъизанги къварилъанхъдун лъугьун йикIана.
Щай гьереси бицун, диеги цIакъ бокьун букIинчIо контрактги хъван вас Украиналде ине. Гьев цо болжалги лъугIун тIад вуссун вачIун вукIиндал. Дица гьесда гьарана, хъваге дир вас гьеб кIиабизеги контракт, госпиталалде хIалтIизеги лъугьа, дурго ардинатураги лъугIизабеян. Гьеб мехалъ ХIайбулагьица абуна те, эбел дун дирго нухдасан ине, Аллагьас хъвараб бихьилаян…
-Рагъда вас лъукъун вукIин кинха нужеда лъараб?
-Циндаго нижеда гьеб хабар лъачIо . Цо къоялъ вас кIалъан вачIана жив Донецкиялда мугъги ккун госпиталалда вегун вугилан. Щиб кинилан дун лъугьиндал, живдилаха лъукъарал рехъерхъулаго мугъалде хIал щун ватилила. ВукIун вугоха живго лъукъун…
Гьенив госпиталалда хIалтIула вукIарав Хасавюрталдаса цо магIарул тохтурас ХIайбула витIун вачIун вукIана Ростовалде госпиталалде. Гьеб мехалъ бачIана васас рокъобе видиозвонок. Дица хех гьабун абуна рихьизаре дур кверал, хIатIал, - ян, щакърахунаго. – Эбел дун квеш гьечIо, камураб щибго гьечIо, - ян абун васас кверал хIатIал рихьизарураб мехалъ дир ракI гIезегIан гIодоцана. Росасда цIехолеб букIун буго , вас лъукъунищ вугеван, гьечIин абун буго досги, мугъ ккун госпиталада вугин. Нижеда лъалареб букIиндал гьев лъукъи.
- Гьениб ина бугеб рагъул щибниги бицинчIищ васас?
- Гьениб лъугьа-бахъунеб жо щибгIаги бицинчIо гьес. Гьезие цонигиязе гьеб бицинеги бокьулеб гьечIо. Гьениб кино ина бугилан абуна васас. Гъоба бугеб жоялъул 30 процентгицин гьаниб бицунеб гьечIин. Гьудулзабигун гара-чIварулаго, дун ячIина йихьарабго, кIалъай къотIизе толаан ХIайбулагьица. Эбел гьаб дуе къваригIараб хабар гуринги абун.
-Вас отпускаялъ витIун вачIаравищ вукIарав рокъове?
- Госпиталалдаса цодагьав сахлъи лъикIлъизейилан санаториялде витIун унев гьев, рокъове вачIана, хъизан-лъимал рихьизеги. Гьесул йиго хъизанги, кIиго лъагIула вугев васги. Рокъобе ракI бан букIинарищха гьесул. Нижеда аскIоб гьес бан батила анцIгогIанасеб къо. Жинда хадуб ахIи бугин, дун ине кколинги абун ана нахъеги Украиналде вас.
-Васасул рагъде аралдаса кинаб хиса-баси нужеда бихьараб?
-Эбел-инсуе кидаго лъимер лъимерлъун хутIиларищха. Вас нижедаго лъачIого кIудияв гIун вуго. ГIемераб жо бихьун, лъан, гIумру бичIчIун, гIумруялдехун бербалагьи гьанже батIияб буго. Васасул гIамал-хасияталъ бицунеб буго, къо хIехьейги, къвакIиги, хIинкъи гьечIолъиги. Жив ватIаналъе хIажатавлъун вукIинги.
-Щиб гьаризе бокьун бугеб дуе гьаб нилъерго гара-чIвариялъул ахиралда?
-Я Аллагь киналго руссайги рокъо-рокъоре жидерго ватIан-ракьалде рагъги лъугIун, рохалида, тIаса сан камичIого. ТалихI бугей эбелалъул лъимер рагъде ине хъван батугеги. Гьеб буго дир кIудияб гьари. Дун гьитIинай жо йигеб заманалда кIодоэбелалъ, рагъул кьогълъи бихьугеги, ракъи бихьугеги ян гьарулаан. Дида кколаан гьалъ щайдай цого жо такрар гьабула кидаго ян.
Амма, гьанже дунго йиго гьедин гьарделей хутIун. Дицаги бицинеб батила васасул лъималазе, нужер инсуда бихьараб гIадамасда бихьугеги ян.
Рукъият ГIАЛИСУЛТАНОВА