Главная/Литературная страница - АДАБИЯТ/АДАБИЯТ/МухIамад АХIМАДОВ АХ1УД РАХЪАРАЛ КУЧIДУЛ

МухIамад АХIМАДОВ РАХЪАРАЛ КУЧIДУЛ

ХъахIилаб хIоритIа

ХъахIал хIункъубузул

ХIинкъи лъачIеб рокьи

Буго лъедолеб.

ЛъаратIа батIияб

Берцинлъи буго

Беразе хIикматаб

Маргьу бицунеб.

 

ХIункъбуца, хIеренго

Куркьбалги рорхун,

Рохалилаб къоги

Гьабулеб буго,

Гьаб дуниялалъул

Квешлъиги кIочон,

Цого рокьул бакъан

Бачунеб буго.

 

Рорлъунел зобалги

Лъедолеб хIорги,

ХIункъбузул хIикматаб

ВатIанлъун руго…

Ва амма бахъана

Нахъойги кьвагьи,

Нахъасанги речIчIун

ЧIвана гел хIункъби.

 

Куркьбаз къвалалги ран

Къанщана берал,

Берцинлъиялдаса чвахана магIу…

Дун гIодулев вуго…

КIиябго хIанкъва

ШагIирзаби руго

ГIумруялъ чIварал.

 

      ОЛЬГА БЕРГОЛЬЦ

 

Дида, берчIвазейин, йихьичIо Бергольц,

Берцинал суратал руго тIахьазул.

ТIадаб буго дида гьелъул бицине,

Бихьинчилъи, чилъи рекIелъ цIунарай.

 

Бергольц цIакъ берцинай лъади йикIана,

Лъидаго рагIарав Корниловасул.

Гьев туснахъ рокъове рехараб мехалъ,

Мех балелде ана Ольгаги ячун.

 

Гьениб чакмабаца чехь бухарай гьелъ

Биххизе гьабуна гьабичIеб лъимер…

Лъидаго лъачIого чIвана Корнилов –

КIудияб гьунаргун вачIарав шагIир.

 

Ольга, туснахъги тун, къватIий ячIиндал

БачIана тIаде рагъ, бищун вахIщияь

Ва Ленинградалъул блокадаялъул

Гьаракьилан гьелда букIана цIар лъун.

 

ГIадада абураб букIинчIо дуца

«Щивго кIочон гьечIин, щибго кIоченччIин»,

Дида, берчIвазейин, йихьичIо Бергольц,

Бергьенлъи босана гьелъул къуваталъ.

                                      2021

 

    Х Е Р ЛЪ И

 

Дида гьанжелъагIан

БичIчIун букIинчIо, -

БукIинесеб гьечIеб

БачIуна херлъи,

Хинлъиги лъугIараб,

ГIумруги хвараб

Аралъул хабатIа

Херги бижараб.

 

Дида гьанжелъагIан

БичIчIун бучIинчIо,

БакIаб, тIухьи гIадаб,

ТIаде щола мех, -

Херлъиялъ хиялал

Анищал чIвараб,

Гьаб дуниялалда

Мун бесдаллъана.

 

Дида гьанже лъана

Лъанго букIинчIо,

РукIкIенлъун лъугьине

Бугеблъи херлъи,

БикIардилеб буго,

Гьаб дир черхалда,

Дора-гьанир рукънал

Ралагьулаго.

 

Кинабго бахъулеб

Буго херлъиялъ,

Хирияб гIумруги

Тушманлъун гьабун:

Амма киданиги

Бахъиларо гьелъ

Дир Авар ватIанги,

Дир авар мацIги.

                                  2021

 

ЦI У М А Л

 

Гьал цIумал дие щай,

Дун цIумазе щай? –

Щай букIананиги

Рокьула цIумал.

ЦIумал – цIурмал руго

МугIрузда рарал,

ЦIумал – чIумал руго

Зобаз цIалулел,

МагIарулал рукIин

Лъазе гьабулел, -

Гьелъин дир росулъе

МугIрузул цIумал,

ЦIумазе рокьулел

Дир рокьул кучIдул.

                                     2021

 

  Э Л Е Г И Я

 

Унел руго киналго,

Нахъвуссунев чи гьечIо.

Чияраб дунялалъе

Дур щибго ургъел гьечIо.

ЧIобогояб ракI буго,

БакI гьечIеб гIумру буго,

ГIумруялъул гIуруца

Росун ана росаби.

Росабазул хабатIа

Халкъалъул зани буго,

Зонохъ эхетараца

Рехун тана мацIгун цIар,

ЦIар гьечIеб миллат буго

МалитIа лъун бачIунеб.

Унел руго киналго,

Нахъвуссунев чи гьечIо.

Чиякълъараб, чияраб

Чи гьечIеб ватIан буго.

                                           2021.

***

Дуда кIолеб щиб бугеб,

Щибниги гьечIев инсан? –

Инсул ракIалъ цIунана

Бокьулеб эркенлъи дуй.

 

Гьеб цIакъ захIматго щвараб

ЯхIалъул хIуби буго,

ХIухьел гIадин хIажатаб,

ХIежлъун борхизе кколеб.

 

Эркенаб рухI, гьарула

Эркенлъидкл мутIигIлъе,

МугIрузда тIавап гьабун,

ТIасан боржунеб цIумлъун.

 

Халкъалъе хIажалъани

Хвезе хIадурал руго,

ХIалихьатал тIадчагIаз,

ТIад малги чIун, чIезарун.

 

Эркенлъиги туснахъги

Нахъе хутIулел руго,

ХутIараб гIумруялъе

Цоги туснахъ гьабизе.

 

Хвванани хва, халкъалъул

Зодовеги валагьун,

Аллагьасул рахIмуялъ

РухI ватIаналда тезе.

 

Хвалица дарсал кьола

Даим гIумру бокьизе

ГIумруги хвелги буго

Хвел гьечIел мугIалимал.

                                            2021

 

     МАГIАРУЛ ТIАГЪУР

 

Мун анищал хварав, хиялал чIварав,

Хиянаталщиназ хабалъ вукIарав,

Вакъарав, къечарав, гьардухъанлъарав,

Гьари Аллагьасе гьабулеб течIев,

ГьечIо дуе хIинкъи, хIакъ щвелин абун,

ХIакъиллъилъул хIули кочIолъан инчIо.

РачIунел унезул иргаялда гъорлъ

Гугарун гIемерал къурал бергьарал

Бергьенлъи баркизе квер бегьуларел

Багьа гьечIеб къавмалъ къимат гьабилин

КъваригIун гьечIел дий лъилниги гурел,

ГурхIел букIин гIола БетIергьанасул.

БетIералда лъураб магIарул тIагъур

ТIад бугеб гIун буго гIумрудул нухда.

                           2021

 

***

Дида, рекIехъе лъалел,

КучIдул кIочонел руго,

КунчIарал рагIабазул

РагIадал хутIун руго.

 

Ццин бахун, рихъун ралел

Руго хъварал шигIраби,

БичIчIулеб буго дида

Дир заман унеб букIин.

 

Каспиялъул рагIалда

Дида бичIчIана сардилъ,

Дир гьаракь гьитIинлъулеб

Мех бачIунеб бугеблъи.

 

Ралъдал карачалабалъ

Букъун буго мугIрул ицц…

Гьаб шагьарлъул ралъдалъ

БукIана магIарул мацI.

                                        2021

 

***

КватIун ратIалъана,

РекIеда лъачIо

Гьаниб рокьуй ахир

Лъезе гьечIеблъи.

 

Хирияй, хирияй

Гурейлъун гьаюн,

Дихъа бажаричIо,

Дида гьеб кIвечIо.

                                   2021

 

***

Дун хвела, дун ина, анир нуж тела,

Нужер Дагъистан дий хIажатаб гьечIо.

ХIалихьалъиялъул ханлъи бергьараб,

ХвелгьеяIолъиялъул гьаракь билараб.

 

Дица ахIи бала, тIогьазде вахун,

ТIолабго Дагъистан гIенеккиледухъ:

- ГIенекке, гIадамал, мацI холеб буго,

МацI хвараб мехалда халкъ букIунаро.

 

ГIин тIамулеб гьечIо… МугIрул росабалъ

Мусру балеб буго рахьдал мацIалда

 

      Ш А В КЪ

 

КIочене гьабуна ракъигун къечей

Шавкъалъ шигIрабазе бакъан бачиндал:

Борчана черхалда чарамул хвалчен,

Халкъалъе хIажатаб ахIи бахъиндал.

 

Амма дунялалъул дандерижиялъ

Дир гьааракь бахъана кьурабазухъа.

Кьун букIана дие рекIел бацIцIалъи

БацIцIине, магIулъун, гIумрудул квешлъи.

 

Жугьаби гьалдана, мухъал хъудана,

Данд речIчIана гьезулъ алжангун жужахI

ЖахIтаялъул цIурал шагIирзабазда

Шавкъ талилхI бугеблъи лъалеб батичIо.

 

Дица Аллагьасда гьарулеб буго

Гьаб дир холеб улка каранда тейин,

Улкаялъ, унтараб бетIерги борхун,

Хвезе рес гьечIилан угьулеб буго.

 

Гьеб мехалъ, шавкъалъул щакъиги гьабун,

Бакъул чIораз хъвала ватIаналъе кечI,

Дие бокьун гьечIо дир ватIан хввезе,

Хвезе риччай гьелъул хиянатччагIи.

                                                              2021

 

***

Дун щив? Сунда хадув хал гьабун вугев,

Гьаб дуниялалъул рекIелъги вахчун?

Божи – божи гуро, цIарги цIар гуро

БетIер хиралъани, БетIергьан тани.

 

Дир гIакълу, гIор гIадин, кьабгIелеб буго

Кьурабалъ ганчIазда, мугIрул ракьалда

Рокьи кIочон тараб, кьал хиралъараб,

Араб кIочон тараб гьаб дир магIарухъ.

 

РагIадаз гьабулеб гIадалаб кьурда, -

Кьурдулел руго нилъ чияр бакъназукь.

Бакъараб дунялалъ хъат чIвалеб буго, -

КечI ахIулеб буго чияр мацIалда.

 

Дун щив Щибго дида бичIчIулеб гьечIо,

ГьечIо гьаниб хIажат дир гIумрудул кечI.

Огь, БетIергьан Аллагь, лъазе кIоларо,

Гьаб дуниялалъе лъугьараб жо щиб?

                                      2021

 

Подпишитесь на рассылку
Подпишитесь на рассылку
это поле обязательно для заполнения
Ваше имя:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Галочка*
Спасибо! Форма отправлена
Сетевое издание «Эркенаб ГЪУНИБ
Республика Дагестан, Гунибский район
Учредитель: сетевого издания МАУ "Редакция районной газеты «Гуниб»
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
Свидетельство о регистрации средства массовой информации ПИ № ТУ5-00239 от 19 февраля 2013 года
Главный редактор: Магомед Гитинамагомедович Кебедов
Телефон : +7 (988) 292-01-17
Адрес электронной почты : m.kebedov@mail.ru
Адрес редакции: 368340, Республика Дагестан , Гунибский район, с. Гуниб, площадь им. Шамиля
Все права защищены.
Любое использование материалов допускается только с письменного согласия редакции.
Редакция не несет ответственности за материалы, размещенные пользователями.
Порядок обработки персональных данных на сайте
Смещение времени на сайте относительно московского: 0 ч.
Яндекс.Метрика
Подписаться на рассылку
Оставьте заявку и с Вами свяжется менеджер в ближайшее время
это поле обязательно для заполнения
Строка ввода:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Я согласен(на) на обработку моих персональных данных*
Спасибо! Форма отправлена