Главная/Литературная страница - АДАБИЯТ/АДАБИЯТ/МухIамад АХIМАДОВ: « ЦО НУХАЛДА ДУНГИ БАГЪАТАРГИ...»

МухIамад АХIМАДОВ: « ЦО НУХАЛДА ДУНГИ БАГЪАТАРГИ...»

«Гъуниб» газеталъул жигарал мухбирзабазул цоявлъун вукIана гьанже Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул Председательлъун хIалтIулев вугев, республикаялъул Халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов.

Дида гIемер данделъабазда, презентациябазда, кинабго творчествоялда хурхарал тадбираздаги, кивго вихьулаан ва дандчIвалаан МухIамад АхIмадович. ВорчIами кьун гурони, жеги кIалъан гIемерго лъикI лъалев чи вукIинчIо. Дица  жинда магIарулаз анкьгьунарилан абун тарав АсхIабали ХIасановасда абуна, Гъуниб редакциялъул гьариги тIубазе, гьесулгун гара-чIвари гьабизе бокьилаанин Гъуниб казияталъеян. Амма цодагьай нахъе къалейги йигин дун гьесухъе инеян. Гьеб бакIалда ХIасановас, гьев ракIги лъикIав, гIадамасдеги хIеренго кIалъалев, цIакъ гIадамасул хIурматги, адабги гьабулев чи вугин абун, дир ракI базабуна шагIирасухъе ине. Абизе бегьула, АхIмадовас Расулица гьабураб васият, мухIканго тIубазабулеб бугилан.

-МухIамад АхIмадович, дуца кидал байхьараб районалъул казиялъулгун бухьен гьабизе?

-  ГьитIинаб къоялдаса нахъе,  тIоцебе рокъоб батарабги  тIоцебе дица цIаларабги казият буго «ЦIияб канлъи»-«Гъуниб» . ТIоцебесеб дир кечIги гьелда бахъун батила  3-4 абилеб классалда цIалулев вугеб мехалъго. Лъаларо, хадусан рахъарал тIахьазул букIунеб букIарабалищали гьединаб кIудияб рохел.  Щибаб къоялъ валагьун чIун вукIунаан, кидадай анкь инаян районалъул казият бачIунеб заман щвезе, щибдай доба бахъун бугеб, щиб макъаладай бугебан бихьизе бокьун. Хасго, доб заманалда букIана цо гьадинаб жо;- кигIан кIудияб макъала, кеч1  битIаниги, къокъ гьарун гурони рахъун рач1унароан. Гъоб заманалда редакторлъун хIалтIулев вукIана цIакъ лъикIав редактор, мунагьал чураяв МухIамад Баширов абун, цIакъ гIадамазул адаб-хIурматги гьабулев, гIаданги лъикI вичIчIулев, мухбирзабиги, шагIирзабиги рокьулев. ГIалиев МухIамадин вукIана редакторасул заместитель - лъикIав чи Хьиндахъа, Ругъжаса ГIабдулаев МухIамад абун вукIана. Гъоб заманалда рукIана ракI бац1цIадал, лъикIал гIолохъаби, мунагьал чураяв Г1умаржан ХIажигIалиев - лъикIав поэт, лъикIав гIаданги. ГIемерал гIолохъанал хъадарухъаби рукIунаан гъоб мехалъ, батIи-батIиял росабалъа мухбирзабазул совещаниялда. Журналистазул Союзалъул председатель Шамхалов МухIамад–«БагIараб Байрахъ» газеталъул редактор, хъвадарухъабазул союзалъул председатель ХIажи Залов - нилъерго шагIир, гьез гьенир нижее кьолаан сайигъатал.  Гьениса щвараб цо сагIат букIана дир-будильник, гьеб хIалтIизабун батила дица 20 соналъгIаги. РакIалда буго, доба редакциялда совещаниеги лъугIун, дунги мунагьал чураяв Багъатарги, лъелго, цадахъ  росдаде тIадеги рахун рачIунеб къо. Гьеб букIанаха гьитIинаб мехалъ букIараб кIудияб рохалил гъасито гIадаб бак1 -«ЦIияб канлъи»-газета.

- Дуда ракIалда бугищ тIоцебе казияталда дурго бахъараб кечI? Щал рук1арал доб мехалъ дуда цадахъ районалъул редакциялде хъвадарулел  г1адамал? Щиб рак1алда ч1араб?

- Валлагь, битIараб бицани, ракIалда гьеч1о т1оцебе казияталда бахъараб кеч1. Нижер мухъалдаса хъвадарулаан   Къородаса Багъатар (мунагьал чурад), КIкIуядаса ХIасанов. Цо-цо мехалъ нижее тIубараб гьумер кьолаан казияталда. Щибаб моцIрол ахиралда ганорарги битIун бачIунаан. МоцIида жаниб  школалда цIалулев цIалдохъанасе  9-10 гъурущ щвараб мехги букIунаан. Гьарулаан мухбирзабазул совещанияби.

Цо нухалда дунги Багъатарги, Башировас жиндирго кабинеталде рачана, долде абулаанха нижеца  кIиабилеб отделение  абун. Т1аде вач1ун,  цо кIудияб адабияталъул лъугьа-бахъин  гIадин,  ХIажи Заловас цIалана ГIали ГIалиевасул хIакъалъулъ поэма. Гьелда жанир рукIарал г1ажаибал  рагIабиги такрар гьарун релъулаго, майдан сверана нижеца.

Гъоб заманалда казият-журналалде  хъвадарулев чиясул цIар лъалаан магIарул росабалъ. Тажудин Таймасханов, ХIажи Залов, ГIабдулмажид Хачалов рачIунел ругин абидал рекерун унаан гьезде данде. ХIамзатил Расул, Фазу ГIалиева  гьенире рачIинчIониги,  жалго рихьун лъачIониги лъималазда цIакъ лъалаан гьел. Гьел рукIана гигантал. ЧIагоял хъвадарухъаби рачIараб мехалъ, данде рекерулаан, цIамуде гIи гIадин, гьел рихьизе, гьезухъ балагьизе. Гьединаб къадруги къиматги букIана гъоб заманалда хъвадарулев чиясул. Щивас газетаги хъвалаан.  Редакциялде бач1араб щибаб  кагътие, газеталда бахъараб макъалаялъе райкомалдаса байбихьун, парткомалде щвезегIан жаваб кьолаан.

 69-70 соназ букIана газеталъул кIудияб юбилей.  Районалъулго мухбирзабазда гьоркьоса тIасаги вищун, дида тIад къан букIана гьелъие кечI хъвазе. РакIалда буго гьаниса-дораса рачIарал г1емерал гьалбал,  къватIазда чIварал байрахъал, халкъиял кIочохъабаца ахIулел кучIдул, кьурдаби...  Аби гьечIищха, нилъерго гьитIинаб букIаниги, нилъецаго кIодо гьабичIони, цойгидаца къиматги гьабуларин, ва лъиданиги бихьуларин.

 -Районалъул  хъвадарухъабазул шагIирзабазул асаразе дуца кинаб къимат кьолеб, ругищ жакъа нужеда хадур рачIунел, махщел бугел гIолилал?

-ВукIана кIудияв хъвадарухъанлъун вахъине бегьулев мунагьал чураяв Багъатар ХIажиев. Дов  гIолохъанго хвана, армиялде аралъув. Досул букIана цо кIудияб хъвадарухъанлъун вахъинесеб къуват, гьунар. Гъуниб районалда гIемерги гьечIоха хъвадарухъаби. РукIана, Хуршилов МухIамад, ГIабдулмажид Хачалов,ХIажи Залов ва ПатIимат Муртазаг1алиева. Хадур рачIана КIуядаса ХIасанов МухIамадги, Къородаса ГIирбанил ХIажиявги, Бац1адаса ТубхIат Зургьаловаги, тIокIал дида лъалеб бакIалдасан гьечIо. Доб мехалъ щибаб казияталда литературияб гьумер букIунаан, цо-цо гьумералда гьитIи-гьитIинаб бугониги 10-15 ниги кечI букIунаан ГIумаржан ХIажигIалиевасул...

 - Мух1амад Ах1мадович, щиб абизе бокьилаан дуе гьанжесел нилъер миллиял, хасго районазул  казиятал, гьел ц1унизе, къадру борхизе ругел ресазул х1акъалъулъ ?

- Гьеб кинабго бараб буго нилъедаго. Районалда гьабулеб гьечIеб хIалтIулги, гIунгутIабазулги, гьалъулги - долъулги, гьелъ цIикIкIун хъванагIан лъик1 гьечIищ, нилъее къватIиб ахIи бахъинабичIого.

Районалъул бетIер, бетIер бугев гIакълу бугев вугони, гьес редакторги ахIун абила, - дуца гьаб нилъер районалда бугеб гIунгутIи казияталдаги бахъун къватIиб чIвазабе, дидаги, гIадамаздаги лъан букIине нилъерго рокъоб гIадлу-низамги гьабизе.

Гьедин гьабулеб бакIалде ккараб мехалъ, пикруги букIина, гIамалги букIина, хIакимлъиги букIина. КьучIдасанго хисизабизе ккола жиндир рагIиялдехун бугеб бербалагьи.

Кидал Гъуниве щваниги, дун гьеб редакциялде жаниве лъугьинчIого вукIунаро. Дида кIолеб жо буго гьелъие творческияб кумек гьабизе. Районалъул казият букIине ккола  киназдаго бихьулеб ва лъицаниги квал-квал гьабулареб бакIалда.

-Ахиралда щиб абизе ва гьаризе бокьилаан дуе казият цIалулезе?

- Цебе цо мухъ букIунароан гIурус мацIалъ казияталда. Школалда гьарулел тадбирал гIурус мацIалдаги гьарулел ругони, къотIносан  унел   лъималги гIурус мацIалда кIалъалел ругони, тукабаздаги магIарулалъ хъван гьечIони, культураялъул рукъги гIурусалъ хъван бугони,  районалъул бетIерасги  гIурус мацIалда гьарулел совещанияби ругони, кин ва лъица  магIарул мацI бицине бугеб?!

Гъуниб район кидаго букIана, цохIо магIаруллъиялъул, Дагъистаналъул гуребги, дунялалдаго цIар рагIараб, берцинлъиялъул тIалъи. тIоцебесеб иргаялда букIана гьелъул тIабигIияб берцинлъи. КIиабилеб иргаялда, Шамилил ахирисеб дугIаги Гъуниб магIарда букIана, Шамилил ахирисеб лъалкIги гьениб хутIана. Гьелдаса хадурги Гъуниса  рахъана, кIуди-кIудиял гIалимзабиги, бахIарзалги, Надир-шагьги щущазавуна гьенив. Гьеб букIана кинабго рахъалъ цебе тIураб, бечедаб, Дагъистаналде вачIарав чияс тIоцебесеб рагIи абулаанила, киве иневан гьикъараб мехалъ, Гъуниве ян абун. Гьанжеги щибго хисараб жо гьечIо. гьадабго тIабигIатги, гьадабго мугIрулги, гьадалго гIадамалги, гьадалго бахIарзалги, хисараб жо щибниги гьечIо. КъваригIун буго, нилъерго ракьалдехун бугеб рокьи цIикIкIинабизе ва тIад буссинабизе. Нилъеда кIолеб кIагIидаялъ, ракIбацIцIадго гьабизе.

Цере рукIунаан магIарул росабалъ гIадамал, иццал къачIалел, иццал ралагьулел гIадамалин абун. Рохьоса гIебеде гъажалда белги лъун унев вукIунев вукIун вуго херав чи, ва гьаб бакIалда ицц батизе кколилан –ян абун, гIолохъабазда бухъизабулаанила. Батулебги букIун буго гьениб ицц. Бухъун, сверун къачIан гьабун толаанила гьез ицц. Батараб гIоларелъулха доб, сверун къачIазеги кколелъул.  Гьединабго жо буго гIадамасул хасиятги, районалъул хасиятги. Гъобги цIунизе кколелъулха ле. ГIадамасул ракI буссинчIого букIине къваригIун буго. Дица ургъана цо кечI:

Гъуниб, Гъуниб дир Гъуниб,

Берцинлъи дур берцинлъи!

Гъуниб, Гъуниб дир Гъуниб,

Борхалъи дур борхалъи!

Берцинлъиялъе берцинлъиги, борхалъиялъе борхалъиги бугеб мехалъ, гъодинаб къагIидаялда, казияталъе кумек гьабизе ккола, тIоцеве районалъул бетIерасги, киналго хIакимзабазги, щайгурелъул, дозда лъазе букIине жалго рукIинги, жидерго къимат гьабизеги букIине.

Гьаб казияталда анкьидаса анкьиде районалъул бицунебги бугони, гьелъухъ гIенеккулелги ругони, данделъулелги ругони, гьунар бугел гIадамал гьенир хIалтIулелги ругони, жегиги 95 сон базе буго гьелъ. Гьеб буго цебегоялдаса кутакалда къиматалдаги букIараб, тIаде вачIарас цо цIализе жого гьечIищан цIехедал, абулаан, бугин валлагь, гьале цо «ЦIияб канлъи» казият бугин, кьеян абун босулаан цIализе. ГьедигIанги къиматалда букIараб казият буго, гIемерал соназ цIарги бугеб, къиматги бугеб казият букIана.

Дица Гъуниб районалъе гьарула кинабго рахъалъ, жиндирго берцинлъиялдаги, жиндирго борхалъиялдаги рекъараблъун букIине, гIадамаз хIикмат гьабулеблъун букIине, гьенир ругел щинал росаби, гIадамал, щибаб росдал ругел гIадатал, хиса-баси гьечIел хасиятал, гIамалал, гьел киналго цIунизе, гьеб школаздаги, киса-кибего районалдаги магIарул мацIалда букIараб къагIидаялъ чIезабизе, гIурус мацIалъ гьабулеб щинаб дагь гьабизе, гIурус мацIалъул нилъер Дагъистаналда щибниги хIинкъи гьечIо, хIинкъи буго нилъер магIарул мацIалда. Дица цоги Гъуниб районалъе гьарула, гьагъаб цебе букIараб гIадин, Дагъистаналде вачIанщинав чи Гъуниве щвечIого ине бегьуларин абураб къагIидаялда букIине. 

 Гьелъие кумек гьабизе, районалъе бищун хIажатаблъун ккола нилъер «Гъуниб» казият, унго унгояб районалъул казият.

-Баркала.
Рукъият ГIАЛИСУЛТАНОВА.

pToqFCJP9zM maxresdefault maxresdefault (1) i i (1) DSC_1549 ccf2561d7b8f4f7af2bb9d2f44ca7c3b52 Ahmedov-Copy-1 Ahmedov._Luchshij_poet-1024x643 pToqFCJP9zM

Подпишитесь на рассылку
Подпишитесь на рассылку
это поле обязательно для заполнения
Ваше имя:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Галочка*
Спасибо! Форма отправлена
Сетевое издание «Эркенаб ГЪУНИБ
Республика Дагестан, Гунибский район
Учредитель: сетевого издания МАУ "Редакция районной газеты «Гуниб»
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
Свидетельство о регистрации средства массовой информации ПИ № ТУ5-00239 от 19 февраля 2013 года
Главный редактор: Магомед Гитинамагомедович Кебедов
Телефон : +7 (988) 292-01-17
Адрес электронной почты : m.kebedov@mail.ru
Адрес редакции: 368340, Республика Дагестан , Гунибский район, с. Гуниб, площадь им. Шамиля
Все права защищены.
Любое использование материалов допускается только с письменного согласия редакции.
Редакция не несет ответственности за материалы, размещенные пользователями.
Порядок обработки персональных данных на сайте
Смещение времени на сайте относительно московского: 0 ч.
Яндекс.Метрика
Подписаться на рассылку
Оставьте заявку и с Вами свяжется менеджер в ближайшее время
это поле обязательно для заполнения
Строка ввода:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Я согласен(на) на обработку моих персональных данных*
Спасибо! Форма отправлена