Главная/Литературная страница - АДАБИЯТ/АДАБИЯТ/Гъунибги имамасде икъбалалъ мугъ рехана

Гъунибги имамасде икъбалалъ мугъ рехана

Гъунибги имамасде икъбалалъ мугъ рехана

-Нилъер маданияб ирсалъул тIерхьунарел цIваби-

/ 2022 сон - Россиялъул халкъазул маданияб ирсалъул лъагIел /

 

Гъунибги имамасде икъбалалъ мугъ рехана

 

 (Сугъралъа ГIабдурахIман ХIажиясул вас, магIарул адабияталда жаниб тIоцебе поэма хъварав шагIир

ХIажимухIамад-ХIажияв (1812 – 1870 сс.) гьавуралдаса 210 сон тIубаялде).

 

…БачIана нилъей гIacpy, гIазабалъул гьирги бан,

Парччи цIун, загьру буго гьелъ гьекъезе гьабулеб.

…Росаби тала гьарун, толел гьечIо парахат,

ТIалъаби пасат гьарун, гьукъун буго бакъул нур.

…Муридзабигун имам ана Гъуниб магIарде,

Гъазизабазе кумек кисанго мукъсанлъидал.

Гъунибги имамасде икъбалалъ мугъ рехана,

Аллагьас хъваралдаса рорчIизе бакI букIинищ?

Рагъун бахъизе кIолеб хъала букIинчIо Гъуниб,

ГъарачагIаз макруялъ магIарде нух бахъана.

…Гьудул, дица хъвалеб жо дуда бихьарабани,

БухIараб магIуги тIун, мун гIодизе вукIана.

 

Гьедин хъвана инсанияталъул таварихалда жаниб гвангъараб гьумерлъун жиб кколеб  гIурус ХIХ-абилеб гIасруялда пачаясул хIукуматалъул сиясиябгун рухIияб, магIишатияб кверщел гьаби  ва чияр ракьал рахъиялъулаб сиясаталде данде  Кавказалъул халкъазул унго-унгояб  къеркьей унеб букIарал дол «гьалдолел къоязул» хIакъалъулъ цIакъго махщалида ва, живго шагIирас абухъего, «бералда бихьаралъе нугIлъун чIун» жиндирго гIасруялъ гIумруялда кканщинаб бицараб, магIарул адабияталда жаниб тIоцебесеб поэмалъун жиб кколеб,  «Зулмуялъул къарну» къасидаталда жаниб Сугъралъа ХIажимухIамад – ХIажияс.

Лъалеб букIахъе, Накъшубандияб тIарикъаталъул шайих, бергьарав гIалимчи, шагIир, Шамилил гьудул ва гъазаваталъул хIаракатчи ГIабдурахIман ХIажи Сугъуриясул лъабавго васал рукIана цIакъ гьунар бугел гIалимзабиги къеркьохъабиги. Гьезул бищун кIудияв ХIажимухIамад-ХIажияв вахъана кIудияв гIалимчи, бусурман диналъул хIаракатчи, тIолабго исламияб дунялалда лъалев шагIир. Гьесул цIар хъван буго гIелмиял ва адабиял къецазда чанго нухалъ бергьенлъи босараб Стамбулалъул «Ас-Сафийя» мажгиталъул къеда.

ШагIир хIисабалда ХIажимухIамад-ХIажияв цIакъго машгьурлъана Шамил кверде восун хадуб «Зулмабазул гIасру» абураб поэма хъвайдал.  ХIажимухIамад-ХIажияс жиндирго инсуда ва гIалимзаби ШафихIажида, МагьдимухIамадида цеве цIалун хадуб лъугIизабуна Каиралъул машгьураб университет. Дагьаб мехалъ хIалтIана Шамилил имаматалъул муфтийлъун, хадув -наиблъун. Имам Шамил кверде ун хадув гьев Дагъистан тун Стамбулалде ана, гьелъие гIиллаги букIана Имамат чIинти. МуртазагIали Дугъричиловас хъвалеб буго: «ХIажимухIамад къосарав чилъун лъугьинчIо, гьединго гьев лъугьинчIо чIамучIав динияв туркаби хъвалевлъун. Гьесул поэзиялъулъ букIана исламалъул гвангъараб кунчIиялъул къуват ва жибго поэзияги букIана гвангъараб»-йилан.

ХIажимухIамад-ХIажиясул асарал гIемерисел нилъехъе щун гьечIо. Ратизе бегьула 1877 с. тушбабаз Сугъралъ росдада цIа гъун бухIидал, гьелги рухIун.

ШагIирасул нилъехъе щварал асаразул тIоцебесеб ккола ХIажимухIамад-ХIажица 1859 соналда гIараб мацIалда хъвараб 50 мухъ бугеб «Яхъсаялдаса Юсуп-Къадие жаваб» абураб цIаралда гъоркь кочIодалъун хъвараб кагъат. Лъалеб букIахъе, эркенлъиялъе гIоло къеркьей хIалуцараб заманалдаго пачаясул аскаразул нухмалъулез, жиндиего мутIигIал миллиял рухIанияздаса пайдаги босун, Шамилиде дандечIчIарав гьев шаригIаталъе ва исламалъе хилиплъулев вугилан гIайибалги гIунтIизарурал харбал тIиритIизарулел рукIана. Пачаясул хIарамзадабазе кумек гьабурал рухIанияздасан цояв вукIана гьев Аксаялдаса Юсуп-Къадиги. МагIарулал къураб ва Шамил асир гьавураб мехалда гьес рагьун загьир гьабуна гIурас пача бергьиналдаса жиндирго бугеб кIудияб разилъи. Гьесие жаваб гьабун ХIажи-МухIаммадица гьадин хъвалеб буго:

«…Имамасда гьечIел мунагьал понцIон,

Мун гурищ гьардарав бичасда цеве?

…Къуръан-хIадисалъул аяталдаса

Имам кьуричIолъи лъалеб букIаго,

Лъие къваригIараб дур ццидал къвачIа?!

Гьес нужей камилаб канлъи бакана,

Канлъуде нуцIа къан, бецIлъукь чIана нуж.

…Гьелъ гIакълуги биххун, хвана нужер иш,

Инжитлъи рещтIана нужер бутIрузда».

ХIажи-МухIаммадица кочIодалъун хъвараб кагътица гьесул кIал чIчIезабуна. Амма поэтасул хиянатчагIи къватIир чIвазарун абулел, хъвалел асараз ва халкъалъул тIолабго гIумру диналъул квершаликь букIине кколилан чIаразул цоявлъун кколев Юсупихъе гьединал кагътал хъваялъ ХIажимухIамад-ХIажиясе лазатбахъиял цIикIкIинаруна, кутаклъана гьесда хадурчIей. Хатта гIумруялъе кIудияб хIинкъицин лъугьун букIиналъ гьев  хIажатавлъун ккана гьижра гьабун Турциялде гочун ине.

ХIажимухIамад-ХIажиясул нилъехъе щварал асаразул кIиабилеб ккола Дагъистаналъул адабиятаялда тIоцебесеб поэмалъун жиб кколеб, дагъистанияз жидерго эркенлъи цIунун гьарурал рагъазул хIакъалъулъ ХIажимухIамадица 1862 соналда гIараб мацIалда хъвараб «Зулмуялъул къарну» ялъуни «Лъабго имам» абурал цIаразда гъокь жиб машгьураб  къасидат - поэма.

«Яхъсаялдаса Юсуп-Къадие жаваб» асаралъулго гIадинаб магIна бугониги, 324 мухъалдаса  гIуцIараб  «Зулмуялъул гIacpy» къасидат гIемерго гъваридабги, шагIирасул бугеб кIудияб пагьму-гьунар загьр гьабулеблъунги ва тарихияб кIвар бугеблъунги ккола. ВатIан бокьиялъул тема гъваридго рагьараб гьеб асар гIемерал соназ халкъалда балъго гьабун букIана. Гьеб поэма тIоцебе бугеб куцалда гIараб мацIалда басмаялда бахъана 1909 соналда Стамбулалда. ГIурус мацIалда гьеб къокъги гьабун, нилъер улкаялда басмаялда бахъана А. М. Барабановас хIадур гьабураб МухIамад ТIагьирил «Шамилил цо-цо рагъазулъ Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб тарихияб хроникаялда гIицIго цохIо нухалъ 1941 соналда. Гьеб, гьитIинаб тиражгун къватIибе биччан букIараб тIехьги хIукуматалъ, басмаялде бахъун заман иналдего  цIализе гьукъун букIана.

ХIажи МухIамадил поэма жиндирго тIехьалда лъолаго, МухIамад ТIагьирица хъвалеб буго: «ХIасилаб каламлъун кьолел руго ГIабдурахIман Сугъуриясул вас тIадегIанав ХIажи-МухIамадил  гьайбатал ва ритIухъал шигIраби. Гьел шигIраби гьанир кьей дида рекъон ккараблъун бихьула, букIа абе цояб цоялъ баян ва мухIкан гьабулеблъун. Биччанте шигIрабиги, гьаб цебехун харбихъе хъваралда даража бащадаллъун рукIине».

Поэма гIараб мацIалъ хъвараб бугелъул, гьелъул художествияб формаялъе къимат кьун нилъехъа бажаруларо. Гьеб мухъ-мухъккун харбихъего гIурусалде буссинабун буго А. М. Барабановас, авар мацIалде буссинабун буго ХIамзатов АхIмадица. КIиясго гьеб хIалтIи гьабун буго кIудияб махщалида. Гьезда кIун буго поэмаялъул гьайбалъи, гъварилъи, магIна цIунизе.

Поэмаялда бицунеб буго, Дагъистаналде бачIараб балагьалъул, цадахъго кьун руго авторасул пикрабиги, кочIодалъун байбихьудаса ахиралде щвезегIан гъазаваталъул рахъги бихьизабун, кьун руго кIочонарел, цIалдолев хIайран гьавулел суратал, сипатал:

«…БачIана, нилъей гIасру, гIазабалъул гьирги бан,

Парччи цIун, загьру буго гьелъ гьекъезе гьабулеб.

Капурзабаз квер лъуна кибго нилъер ракьалда.

Кверщаликье ккана нилъ цIакъ квешал гIисяназул…»

Гьанже гьел мунафикъал къвалакь квералги чIван чIухIун, гIамал кIодолъун, жидерго ракьалда гIадин рахIаталда руго. Амма зулмудукье ккараб гIадатияб халкъалъе щолеб кумекго гьечIо:

«…Халкъул гIаламалда гъорлъ гIазабалъе нилъ ратун,

Нилъергун кьалги ахIун, кьурун буссана заман…»

Ругъназда бецIцIарилеб буго тIолго Дагъистан, пасалъи бачун буго кинабго ракьалде.

Къиямасеб къо бачIинабуна гъарачагIаз Гъуниб магIардеги:

«…Балагье Гъуниб тIалъи - тIабигIияб щулалъи,

Щибго квер хъвачIониги, хъала гIадинан гIемер.

Жинда тIаде рахине нухал гьечIеб борхалъи,

ГIурхъалаби цIунараб цIудул бусен гIадинаб.

Борхатаб кьурул сирталъ сверун рачел борчараб,

НакIкI гуреб, батIияб жо тIаде ине рес гьечIеб….»

Хадубги шагIирас бицунеб буго Гъуниб тIалъи-хъала рагъун бахъизе кIолеб гIадаб бакI букIинчIониги, гьенибе макруялъ гъарачагIаз нух бахъанилан. Халкъ мигьлъун тIагIинегIан магIарулал рагъанин. ЧIунтизабун Гъуниб тIалъи-хъалагун, цере рукIарал бахIарчилъи, гьудуллъи цIунарал гIемерал росабазул чIваднал лъугьинарунин. Нахъе хутIанин хIалихьалъи баччарал чудкал…

Гьеб авторасул рекIел хIал загьир гьабулеб лирикияб цеберагIиялдаса хадуб ХIжимухIамад-ХIажияс кочIодалъун рагьулеб буго ГъазимухIамадидасан байбихьун Шамилие асирлъиялде щвезегIан гъазаваталъул тIубараб таварих. Гьедин поэмаялда гIуцIун руго имамзабазул гьайбатал  сипатал-образал, рихьизарун руго гьезул ишал ва къисматал. Хасго гIатIидго рагьун буго Шамилил сипат куц-мухъ. Бихьизабун буго гьесул къоял къадру-къимат борхарал, битIккеялъ бергьенлъабаз бодул рецц камиллъарал рукIараблъи. Амма заман батIайиса сверанин  хъвалеб буго шагIирас, «Икъбал бигъараб рогьелги Шамилихъе бачIун», бищунго божарал гIадамаца, хасго наибзабаз хIиллаги гьабун, имам нахъасан вичанилан. Шамилида тIадкъараб халкъалъул тIалаб-агъаз, ритIухълъи щула гьаби – щущахъ бана наибаз.

Поэмаялъ, ва хасго гIадлу гьечIони, хIукумат биххулеблъи гьесда бичIчIун букIиналъ, нилъее нугIлъи гьабула гъазават гьабиялъеги Шамил къеялъеги гIиллаби шагIирасда битIун ричIчIун рукIиналъе.

Поэт-гIалимчиясда чияр ракьалдаги талихI батичIо. ГIелмуялда ва лъай кьеялда тIад хIалтIизе гьес бахъулеб букIараб жигаралъул битI ккечIо. Гьесул ракI кидаго букIана жиндирго ватIаналда, жиндирго халкъалда цадахъ.

МагIарулазул адабияталда жаниб тIоцебе поэма хъварав шагIир Сугъралъа ГIабдурахIман ХIажиясул вас ХIажи МухIамадхIажияв хъвана 1870 соналда апараглъуда. Вукъун вуго, цо-цо  хIужабазда рекъон – Карсалда, цоги баяназда рекъон- гIарабиязул улкаялда.

 

                        М.Абакаров-журналист, гӀагараб ракь лъазабиялъул рахъалъ хӀаракатчи, Россиялъул лъай кьеялъул хӀурматияв хӀалтӀухъан.

 

Суратазда:  

1.Хаджи-Мухаммад ас-Сугури-Г1абдурах1ман-Х1ажиясул вас;

2. ШагIирасул  ватӀан-некIсияб Сугъралъ росу Х1ажи Мух1амадх1ажиясул заманалда; 3.ХIажимухIамад-ХIажияс Имам Шамилихе хъвараб кагъат.

 

 

ХIажи МухIамад-хIажиясул шигIрияб ирсалдаса

 

Яхъсаялдаса Юсуп-Къадие жаваб

 

Ццидал унти бачIун нуж угьданиги,

Имамлъун вищана Шамил гIалимаз;

ГIадамазда гьоркьоб бикьана лъикIлъи,

БитIараб нухалде халкъги бачана.

Борхана къадруги, къуватги, жанги,

ЖахIта бекьулезул гIумру кьогIлъизе.

Жагьилазул гIайиб гIадахъ босичIо,

ГIагараб халкъалъе бакълъун чIана гьев-

Бидул тушманасе бахъараб хвалчен,

Ханлъиги, тIалъиги, тIекълъигун зулму

ТIамуна гьес хIатIикь хIарамаб жоян.

Жиндир рекIел тIинда загьру тIирщарас

Зулму бекьанилан бала гьесде гъвел.

Гьесул тIокIлъиялде тIаде нуцIа къан,

КъватIибе рехана рекIелъ бугеб ццин:

«Гьукъараб гьабизе изну кьуралъухъ

Анин имам вачун асирги гьавун».

Гьереси бу го дур! Гьев чан къеркьарав

ГьерситIа куцарал коцотIе цIазе!

Кин кIвараб абизе имамги какун:

«Аллагьасде гIайиб гIунтIизавурав

ГIодове тIупулин ТIагьаяс абун,

Икъбалги бадибе буссунарилан»?!

Имамасда гьечIел мунагьал понцIон,

Мун гурищ гьардарав бичасда цеве?

ГьерситIа руцарал ццидал рагIаби

Дуца гурищ хъварал хъахIаб кагътида?

КьучI гьечIел дур харбаз халкъ гуккиларо:

Халкъалда лъикI лъала имам щивали;

Шамилилъ бихьана бергьараб гIакълу,

ГIадлу низамалъе кIудияб гьунар,

Гьединлъидал кьуна гьесий имамлъи

Ана гьесда хадур хвалилаб рагъде.

Гьесдасан букIана кIудияб талих!,

Тушман хIатIикь лъурал хIайранал къоял.

ХIакъаб динги цIунун ракълие гIоло

Рагъде Шамил вахъин щайзе какулел?!

Щай капурлъи гъурун, гъара гьабунин,

Гьересияб гIайиб гIунтIизабулеб?!

Къуръан-хIадисалъул аяталдаса

Имам кьуричIолъи лъалеб букIаго,

Лъие къваригIараб дур ццидал къвачIа?!

Гьес нужей камилаб канлъи бакана,

Канлъуде нуцIа къан, бецIлъукь чIана нуж.

Бичасул тушбаби гIагарги гьарун,

Имам ккураздехун ккуна тушманлъи.

Кинабго нахъчIвана, ццин хутIизегIан,

Ццидал цIа боркьана нужеда гьоркьоб;

Гьелъ гIакълуги биххун, хвана нужер иш,

Инжитлъи рещтIана нужер бутIрузда.   

 

1859 сон.

 

             ЗУЛМУЯЛЪУЛ КЪАРНУ

 

(КIи-кIимухъил кочIодалъун хъвараб къасидат - поэма)

 

 

БакIаб заман бачIиндал, байбихьизин харбиде,

Балагьазул кутакалъ курмул ругин ссудилел.

 

ТалихIкъиналъул чIораз чIвалеб буго нилъер халкъ,

ЧIорбутI гIадин, гьод буго гьез нилъер гуризабун.

 

ТIун бачIараб кьурулъун, балагьал тIаде щвана,

Раччизе къуват гьечIел къварилъаби рачIана.

 

КьогIаб къисматалъ руго ралагьулел бахIарзал,

Бахьи бугезда тIаде бегун буго къварилъи.

 

БачIана нилъей гIacpy, гIазабалъул гьирги бан,

Парччи цIун, загьру буго гьелъ гьекъезе гьабулеб.

 

ГьанжелъагIан нилъеца чагъир гьекъечIониги,

Гьаруна нилъ гьаглъизе гьал гIасиял ургъелаз.

 

Капурзабаз квер лъуна кибго нилъер ракьалда,

Кверщаликье ккана нилъ цIакъ квешал гIисяназул.

 

Гьедин балагъ бачIиндал, бакъул канлъи ссун ана,

БецIлъана канал къоял, моцI гьечIел сардал гIадин.

 

Ракьул гьумер букIкIана, пашманлъиялъ данде къан,

Гьанибе халкъ бакIарун, бакI кколеб гьечIониги.

 

ГIасияб хIинкъи бачIун, хIал къараб сурат лъугьун,

Лъалаго нилъер ракIал рукIкIинарулел руго.

 

Къад гIодобе биччараб гIумру гьечIо, хIалхьараб,

Къаси макьуги гьечIо парахатаб, рахIатаб.

 

Гьеб мехалъ мунапикъал къвалакь кверал чIван руго,

ЧIухIиян кела эзул исламияб ракьалда.

 

Киса нилъее щолеб гьанже гьуинаб макьу,

МацIалда гьуинлъилищ гьабураб кванил тIагIам?

 

Инжитлъигун хIакъирлъи хIехьон ругеб мехалда,

ХIалхьараб гIумру киса бусурбабазе щолеб?

 

ГIумруялъул кепалде кинан гьанже регIулел,

Капурзабазул солдат рагьтIе щварал къояца?

 

ТIаде рачIунеб мехалъ, магIарухъе рахиндал,

БихьичIищ гIурусазул гIамалалъул кIодолъи.

 

ГIалхул жанаваразул жаниблъиги гьез ккуна,

Жидер ракьалда гIадин, рахIаталда рещтIана.

 

Росабалъе рачIуна, ракIал сородилаго,

Солдатги цадахъ гьабун, цониги жо кканиян.

 

Чара къосун, къо бухIун, къваридал пикрабигун,

ГьечIо гьазие хIалхьи, хIинкъи буго тIад хъегъон.

 

Гьоркьоса къотIи гьечIеб хвалчабазул паркъиялъ,

Гьезул къвакIигун хIалхьи хIурудахъ биччан буго.

 

 

ХIанчIазде чан гьабулел гьавадул лучнул гIадин,

Чан нухалда гъазиял гъозда тIаде кIанцIарал?!

 

ГъалбацIаз чундул гIадин, чан нухалъ чурхъун лъурал,

ЛъачIого гъорлъги речIчIун, тохлъукье гъурунги ран.

 

Къуватги загIип гьабун, замана хисардула,

Зулмудакье ккаразе квербакъиго щоларо.

 

Цебе талихI-рохелгун рещтIун букIараб заман,

Балагьалъул гьурилъун гьанже хисана нилъей.

 

Халкъул гIаламалда гъорлъ гIазабалъе нилъ ратун,

Нилъергун кьалги ахIун, кьурун буссана заман.

 

Гьелъ нилъеде борхана бищунго тIекъаб хвалчен,

ТIолго къуват рехана нилъ риххизе гьаризе.

 

Тушманасул чIоракье чIаразе нилъги рехун,

Гьелъ капурлъи ахIана исламияб рокъобе.

 

Росаби тала гьарун, толел гьечIо парахат,

ТIалъаби пасат гьарун, гьукъун буго бакъул нур.

 

Гьединго щулалъаби щущазе гьарун руто,

Ругъназда бецIцIарилеб буго жакъа Дагъистан.

 

Балагье Гъуниб тIалъи — тIабигIияб щулалъи,

Щибго квер хъвачIониги, хъала гIадинаб мегIер.

 

Жинда тIаде рахине нухал гьечIеб борхалъи,

ГIорхъалаби цIунараб цIудул бусен гIадинаб.

 

Борхатаб кьурул сирталъ сверун рачел борчараб,

НакIкI гуреб, батIияб жо тIаде ине рес гьечIеб.

 

Гьеб зодихъе бахараб борхатаб Гъуниб мегIер,

Бищун санагIат бугеб бакI букIана магIарухъ.

 

Муридзабигун имам ана Гъуниб магIарде,

Гъазизабазе кумек кисанго мукъсанлъидал.

 

Гъунибги имамасде икъбалалъ мугъ рехана,

Аллагьас хъваралдаса рорчIизе бакI букIинищ?

 

Рагъун бахъизе кIолеб хъала букIинчIо Гъуниб,

ГъарачагIаз макруялъ магIарде нух бахъана.

 

Муридзаби тох гьарун, тушманас сверун ккуна,

Кисанго хIинкъи гьечIин, хIалхьуда гьел рукIаго.

 

Дуца гьикъуге дида гьел сверун ккураб рогьел,

Гьеб буго къокъ абуни, къиямасеб къо бачIин.

 

 

Къо бихьун, гIазаб чIамун, гIемерал соназ къеркьей,

ГIадада ккун батидал, каранда ракI гIодана.

 

Аза-азар свалатгун салам Аллагьас лъеги

Исламияб ракьалда рагъда къадар щваразда.

 

Къанщулеб лахIзаталъго РахIманас, каву рагьун,

Киналго алжаналъул агьлулъун гьарун руго.

 

Гьез хвел тIаса бищана, бусурманлъи мерхьунел

Мунапикъаз гIуцIараб гIумру хIехьон чIезегIан.

 

Хвел тIаса бищиларищ, бихьинчнлъун вугонн,

Бахьи гьечIеб гIумруялъ гIазаб кьолеб бугони.

 

Oгь, Дир рекIел пашманлъи паналъарал росабахъ,

Рагъул цIаялъги чIурхIун, чIваднал лъугьун хутIарал!

 

Хараблъарал росаби рехун тарал гIадамал,

ГIурус капурлъиялъул кверщаликь бусурбаби!

 

Кидаго гьел рукIана эркенал жамагIатал,

Жидеда киданиги кверщел лъилго букIинчIел.

 

Цебе багьадуразе, гьудул-гьалмагъзабазе

Гьел росаби рукIана ракIалъ росулел бакIал.

 

Рагъ-кьал ккараб мехалъги, рукIунаан гьел цолъун,

Цоцазе кумек гьабун, гьудуллъи биххичIого.

 

Гьел рукIана гъалбацIал, рагъуе гьунар бугел,

Гьез цIунулел рукIана цIунизе чи тIагIарал.

 

Гьез шаригIат борхизе Бичасул амру тIубан,

Байбихьана гъазават, гъираялда тIаделъун.

 

Гьелъие хIадурлъана, хIал кIвараб къагIидаялъ.

Къуватги бажариги буссинабуна гьелде.

 

Тушманасе нухал къан, къваридал бакIал рихьун,

КIвар кьун, гъарачагIазе гъоркьчIелал хIадурана.

 

Гьел, черхалда гъаргъар бан, гъорлъ речIчIизе хIадурлъун,

ХIинкъи цIакъаб рагъ базе, гъираялда чIун руго.

 

ХIал ккаралъуб нахъе къан, къуват щведал, тIаде ун,

ТIатIаруссун гъури бан, бидул гIорал риччала.

 

Огь, дир каранзул бухIи, бахIарзазда ракI гурхIун,

Бугеб къуват хвечIого, хвалчен гIодой биччачIел.

 

Халатаб рагъ гьабуна, гьоркьоса къотIичIого,

Къадар щварал хисизе, халкъ мигьлъун тIагIинегIан.

 

 

Хвалчаца нухги бахъун, чанцIул гьел гъорлъ журарал,

Чан багьадур гьездаса гьенирго шагьидлъарал!

 

Гьале чорхолъ яхI бугел бахIарзал лъедерлъана,

Балкан кваналел чудкал - чи гурел нахъе руго.

 

Гьел дол капурзабазул кверщаликье ун чIана,

Инжитлъи, зулму хIехьон, хIалихьалъиги баччун.

 

Исламияб нухалда халат букIараб къавмги

Къосаде ккезабуна квешбахъараб агьлуялъ.

 

Ахир дин чучилилан, чилъи тIагIун инилан,

Абураб хIадис гьечIищ, хIакъаб нилъеда лъалеб?!

 

Гьеб ритIухъ гьабизедай гьадин дин загIиплъараб?

Долъулгун бугеб бухьен бугин тIутIун тIагIунеб.

 

Дунял хараблъилалде хваралани тIолго нилъ,

ТIупарал анищ кьаникь тIаде гьаб къо щвелалде!

 

Гьудул, дица хъвалеб жо дуда бихьарабани,

БухIараб магIуги тIун, мун гIодизе вукIана.

 

ГIажаиблъи гьабизе гьунар дур батанани,

Гьаб дир харбихъ гIинтIаме гIаламатал рихьизе.

 

Эркенлъиялда  гIурал исламиял рухIазул

ХIикматал ишал руго рицунел дир нужее.

 

Диналъул церехъабаз цокIалго, гъираялда

ГъазимухIамад тана тIоцевесев имамлъун.

 

Ислам щула гьабизе, шаригIат лъезе малъун,

ЛъикIлъиялъул нухалда халкъ бачине лъугьана.

 

Гьес росабалъ шаргIги лъун, щула гьабуна ислам,

Аллагьасул къанунал къвакIизарун рачана.

 

Гьес дин чIаго гьабуна, чIунтун унеб букIараб,

Аварагасул гIелму гIадамазда малъана.

 

Аллагьасде мугъги чIван, чIаго гьабуна гIелму,

ГIадиллъигун ритIухълъи аслуялъеги росун.

 

ГIадамазе рагьана гьелъ гIемераб балъголъи,

БитIарабги тIекъабги тIокIкIинабун бицана.

 

Гьев хIакълъун исламалъул иманлъуде вахана,

Исламалъул хIакъикъат битIун хIалтIизабуна.

 

Гьесда улка квегъулеб капурлъи цебе чIана,

Цинги бакъул канлъильун, кумекалъул нур бана.

 

 

БетIергьанас бергьенлъи босизе квербакъана,

Гьесда хадур рилълъарал рагъда къвакIи кьун тана.

 

Гьес капурал аскарал щущахъ риххизаруна,

ТIокIалъ данделъун рагъде рахъунареб хIалалда.

 

Рагъул кор боркьаралъув кутакалда вагъана,

Кодове щва-щварав чIван живго шагьидлъизегIан.

 

Аллагьас алжаналъул агьлулъун гьавила гьев,

Гьелъул тIолго нигIматал найил гьоцIолъунги кьун.

 

Гьев хун хадуб, цIалараз цIар чIвана ХIамзатида,

ХIикматаб тIокIлъиялъул тIадегIанав гIадилан.

 

ХIал ккарал къояздаги, къуркьи жинда лъаларев,

Жив рагъулъ лъадарарав лъикIав бахIарчи вугин.

 

Вагъана кутакалда кивго хIарамзадалгун,

ХIаракатги букIана бер ккелебган берцинаб.

 

Ислам кIодо гьабулев кIиабилев гьев имам-

КIудиял бахIарзазул бищун лъикIазул цояв,

 

ТалихI къиналъул вацал нахъе къачIо  гьев чIвазе,

Какде халкъ бакIарараб кIудияб мажгиталда.

 

Кьураб рагIи кколарел, квешрахъарал гIадамал,

РитIухълъи хIатIикь тIамун, хIал-зулмугун хьвадула.

 

Росуго цоцалъ бана, рихха-хочи лъугьана,

ЛъикIал гьел гIадамазул гIодоре биял тIуна.

 

Гьелдаса хадуб халкъалъ, халифилан цIарги чIван,

Шамил багьадурасе бана кинацаго гьа.

 

Халкъалдаго гьоркьосан гьев ватана бищунго

Исламалъул тушбаби талагьунев цевехъан.

 

Живго хочол тIогьалда тIаде щун вугониги,

Щибго хъачIлъи бихьизе биччачIо дандиязда.

 

Гьев къеркьолев вукIана, къулчIун гьезул кьогIлъигун,

Къисас боси гурони, батIияб хIал гьабичIо.

 

Къеркьей халат бахъана, хвалчен лъалиниб лъечIеб,

Чанги бергьенлъабазде БетIергьанас вачана.

 

ГIадегIанас квербакъун, къуваталде гьев щвана,

Гьесул караматазул кибго цIар тIибитIана.

 

Аллагьасул нух цIунун, цIодорго хIалтIана гьев,

Бищунго тIокIлъи бугеб тIадегIанлъи щвезегIан.

 

 

Цинги бикь-бикьараб халкъ  буссана цохIо гьесде,

Гьудуллъи-вацлъи гьарун, гьесдасан кумек бокьун.

 

Къокъа-къокъаби гьарун, халкъ бачIана гьесухъе,

Бокьун щиб, хIасрат ккун щиб, хIинкъиялъ рачунниги.

 

Исламияб пачалихъ жинца гIуцIараб мехалъ,

ГIурхън щула гьабуна гьес, гIакъилаб куцалда.

 

Киназго тIасабищун, тIалъи гьесул босигун,

Гьес къосараб гьаб умат паналъулеб мех цIана.

 

Бусурбабазул рухIал рикIкIунарел гIадамал,

ГIодоб хIатIикь тIамулел тIансабиян тана гьес.

 

Аллагьасде гьардечIев, гьесде иман лъоларев

Пана гьавилародай гьесул цIоб лъолев лагъас?

 

Чан нухалъ гьев халкъалде хитIаб гьабун кIалъарав,

Гъазават тIобитIизе тIаде рахъаян абун.

 

Рагъде къачIан хадуса, къватIире рахъиналде,

Къудратасде гьари бан, гьес абулеб букIана:

 

«Балагье гьал гIадамаз гIисянал тIасарищун,

ТIаделъулел руго гьел, долгун рекъон, нилъеде.

 

Гьез нилъергун даимаб динияб вацлъи чIвайдал,

ЧIвана нилъеца гьелги, гьудуллъи тIутIун байдал».

 

ЦIобалъул кваркьабакье ккана лъикIал гIадамал,

Капураб халкъалдехун хвалчадалъун кIалъайдал.

 

Гьесул цIар тIибитIана тIолабго дуниялалда,

ТIокIаб хIурмат бижана багьадуразда гьоркьоб.

 

Гьесул къоял рукIана къадру-къимат борхарал,

БитIккеялъ, бергьенлъабаз бодул рецц камиллъарал.

 

Чан гуча-гучаб хъала гавураз эхетараб,

Эз жал цIунилел гIадин, цIакъго чIухIун рукIарал.

 

Разеги ран рукIана цIакъго мухIканал квераз,

Хосрол кIалгIабаздаса кIудиялгин рорхатал.

 

Гьезда жаниб буссараб ярагъ-сурсат абуни,

СияхIалде босизе хIалкIолеб жо букIинчIо.

 

Гьезда жанир рукIарал рагъухъабазул къадар

Къалмица хIисабалде босизе киса кIолеб.

 

Цо нухалъ Шамилица, жиндирго боги бачун,

ТIатIала риччана гьел, риххана кьучIде гIунтIун.

 

 

Гьениб жаниб букIараб бечелъи давла гьабун,

Гьел чIорого ратана радал капурзабазда.

 

Цебе гьесда икъбалалъ къвал жемараб мехалда,

Мурадал гьимулаан, гьесда дандеги рачIун.

 

Гъазават тIобитIизе тIолабго къуватги кьун,

КъачIан кинабго аскар гьес куцараб мехалда.

 

Кутакаб бо букIана бусурбабазул лъугьун,

Бицен букIана гьелъул реццгун цадахъ боржунеб.

 

ЧанцIул хъамалчагIазул аскар хъамураб нахъе,

Инжитлъи тIаде тIамун, тIуризавурав тушман?!

 

Чан нухалъ капураб къавм къачIан рагъде бахъараб,

Гъоркьго хазинаги тун, рахъ-рахъалде лъутараб.

 

Къасде чабхъенги гьабун, чан асир ккун вачIарав,

Капурзабазе цинги хIажаталъухъ вичарав?!

 

Цадахъ рачун рачIарал капурзабазул лъудби,

ЧанцIул имамас ккурал, асирлъуда херлъарал.

 

Гьедин букIараб заман батIайиса сверана,

Балагьги босун буго бусурбабазде унеб.

 

Икъбал бигъараб рогьел бачIана Шамилихъе,

Гьелъ къадруги кумекги кодоса босун тана.

 

Гьесул бергьенлъабазул бакъбаккул гьури чIана,

Пулеб буго бакътIерхьул, тIагIин босун бачIунеб.

 

Рагъул гьобо ххенейгун, гьесул бетIерлъиялда,

Пасатал рагъал ккана, кутакал биял тIурал.

 

Амма бищун божарал жаниса гIадамаца

ГIарцухъ нахъасан вичун, чара къосун хутIана.

 

Гьедин кьалул вацазда гьоркьоб ккараб рикьиялъ

Рукьби рахъана гьесул, гьанги букIаралъуб тун.

 

Гьесда тIаделъун буго тIури бачIараб къисмат,

Къисас босулеб буго, бичIичIого хадуб чIун.

 

Гьелъ гьудуллъи биххана, бищун хIажатаб мехалъ,

Биххун ана кинабго, икъбалалъ мугъ рехидал.

 

Имам, асирги гьавун, ана гIypyc ракьалде,

ГIумруялъ кьогIаб къисмат къачIан батана гьесий.

 

ВархIаял гьудулзабаз гьесие рекIкI гьабуна,

Гьудул ватана бищун бакIаб ругъун лъурав чи.

 

 

Вокьулев гьудул илан гьесие гьедарана,

Давла-хъулухъ къваригIун къватIий рахъарал чагIи.

 

РекIей бокьухъе гьесул гъобо ххенолеб мехалъ,

Гьесда сверухъ жёнжедун, жалго рихьизаруна.

 

Бакъбаккул гьури къотIун, къварилъиялде ккедал,

Къо рехун, мугъал бана гъазаватгун диналде.

 

Шамилица ккураб нух жидее къварилъигун,

Гьез хъами-хъул гьабуна гьесул тIолго хазина.

 

Чанги боял рукIана битIараб нух цIунизе

Биххулареб къотIигун тIадероси гьарурал.

 

Гьезул бутIрул ратана батIулазул къавмазул,

Бищун къо ккараб рагъда къотIуе хилиплъана.

 

ТалихI къарал къояца къвакIун аскIор чIелилан

Имамасе гьа бана гьез цо чанго нухалда.

 

Гьа тIубазе къо щведал, къор гъуна имамасе,

Къоринив гьевги рехун, гьа «тIубазе» гьабуна.

 

Наибзаби ратана турун хварал жанисан:

Халкъалде хIакъаб балагь бачIана гьезул квераз.

 

Халкъалъе, гIухъби гIадин, гIадлуялъе гьел тана,-

Гьел ратана боцIуе бацIаздасаги квешал.

 

Гьас ритIухълъи, гIадиллъи цIунизе тIамунагIан,

ТIекълъиги зулму-хIалги хIалтIизе гьабуна гьез.

 

Халкъалъе гIумруялъул гIурхъи-рахъ къварилъана,

ГIемер гьез къварид гьабун, тIекъаб тамихIалде цIан.

 

Наибзабаз халкъалъул къуват загIип гьабуна,

Къеркьолезе хIал кьезе pyxl гьечIого хутIана.

 

Имамас гьел толаан ритIухъал тIадчагIиян,

Гьез гIакъуба кьуразул гIарзазде гьес кIвар кьечIо.

 

МагIил гIоралда риххун, гIарзалъ рачIарал чагIи

Чан нухалъ наибзабаз нахъе къотIун рачIарал?!

 

Хвасар гьарулелилан, балагьалде рачунел

Бахьи гьечIел тIамуна иш тIубазе наибаз.

 

Шамилида тIадкъараб халкъалъул тIалаб-агъаз,

РитIухълъи щула тьаби - щущахъ бана наибаз.

 

Лъабабго цIарги тIамун, тIубан нахъе къотIана

Наибзабаз жидер гьа, гьабун букIараб къотIи.

 

 

Имамас тIалъи тейгун, тушбабигун гIагарлъун,

ГIамал-хасият хисун, хвана гьезул тIабигIат.

 

Валилъи тIаде босун, тIагIат гьабурав чан чи,

Гьес мугъал баралдаса мунагьалъулъ тIерхьарав!

 

Жакъа гIалимзабазул, яги чалма къаразул

Чан вугев кеп-гIоркьалда, копое жаги гьекъон.

 

Намусищ гьезул гьечIеб? Гьал щайзе хIинкъуларел?

ХIалкIолесдаги рихьун, хьвадизе ккани гьадин.

 

Узденчиясе хвелго хирияб букIинарищ,

БакIаб лагълъиги баччун, чидай наку чIвазегIан!

 

Имам цевеса индал, цо-цоял гIедегIана,

Досде гIайибал гьарун, гIемераб жо бицине.

 

Досие реццги гьабун, цере хIапдаралщиназ

Гьанже гьесул гьан буго ракьагун цадахъ кунеб.

 

Бакъул канлъи къотIигун, кибго рещтIунеб бецIлъулъ,

Щвабилъун хутIана гьел, гьесул нур къотIарабго.

 

Гьаб инжитаб къавмалде къавуда тIаде щваги,

ТIолго балагь, нагIана бетIералда рещтIаги.

 

ПасихIаб кечIин абун, калам гьабулев гуро,

КигIан хIикматаб рагIи ракIалде бачIаниги.

 

Амма дирго бералда бихьаралъе нугIлъун чIун,

Бицана дир гIасруялъ гIумруялда кканщинаб.

 

Халкъалъул гIадлу хвараб, гIумру мунагьаз цIураб,

ГIадамал къосун ккараб гIacpy букIун батани,

 

Дунги ХIажимухIамад, Сугъралъ росулъ гьавурав,

Гьардола Аллагьасда ахират лъикIаб кьеян.

Сугъралъ росу Х1ажи Мух1амадх1ажиясул заманалда

Хаджи-Мухаммад ас-Сугури-Г1абдурах1ман-Х1ажиясул вас ХIажимухIамад-ХIажияс Имам Шамилихе хъвараб кагъат.

 

                                                                             1862 сон.

 

 

 

Подпишитесь на рассылку
Подпишитесь на рассылку
это поле обязательно для заполнения
Ваше имя:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Галочка*
Спасибо! Форма отправлена
Сетевое издание «Эркенаб ГЪУНИБ
Республика Дагестан, Гунибский район
Учредитель: сетевого издания МАУ "Редакция районной газеты «Гуниб»
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
Свидетельство о регистрации средства массовой информации ПИ № ТУ5-00239 от 19 февраля 2013 года
Главный редактор: Магомед Гитинамагомедович Кебедов
Телефон : +7 (988) 292-01-17
Адрес электронной почты : m.kebedov@mail.ru
Адрес редакции: 368340, Республика Дагестан , Гунибский район, с. Гуниб, площадь им. Шамиля
Все права защищены.
Любое использование материалов допускается только с письменного согласия редакции.
Редакция не несет ответственности за материалы, размещенные пользователями.
Порядок обработки персональных данных на сайте
Смещение времени на сайте относительно московского: 0 ч.
Яндекс.Метрика
Подписаться на рассылку
Оставьте заявку и с Вами свяжется менеджер в ближайшее время
это поле обязательно для заполнения
Строка ввода:*
это поле обязательно для заполнения
E-mail:*
это поле обязательно для заполнения
Я согласен(на) на обработку моих персональных данных*
Спасибо! Форма отправлена